![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Вехьасде ясалъул кагъатБакъалъ беэдичIеб, цIадалъ чуричIеб,
ТIелищ дуй, гIолилав, гIажаибаб тIегь? ТIугьдузул махI сунтIун, тIанхазде къулун, Къисаби цIализе къачIалищ квацIи? Щобазда накIкI лъедал щущалин дир ракI, Щоларищ ракIалде, рекIел хазина? ГIурдада щуб ккедал гьелегьунин ракI, Гьабиларищ дарман, дандияв гьудул? Дир гьинал ракIалъул гьитIинаб гIарза, ГIадахъ босиларищ берцинаб рагIи? РекIел тIиналдаса беролеб сарин, БитIилищ дуй сайгъат, сардаз ахIараб? Щенон балеб цIадал цIи гьава цIазе, ЦIар чIванищ ахIилей, щай ячунарей? ГIищкъул гIор чваххулеб чанил магIарда, Чапулей чучизе дун бегьуларищ? |
|
||||||||||
|