![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир тIалъиМугIрул нижер рорхатал,
Рорхатал цIваби гIадал. ГIадамал гьанир лъикIал, Гьудуллъи цIакъ цIунарал. Васал нижер лебалал, МугIрул цIумал гIадинал. Ясал гьанир берцинал, Бер ккелилан хIинкъулел. ТIогьал нижер цIорорал, ЦIорол полюсал гIадал. Мегъал гьанир тIогьилал, ТIалъиялда нур барал. Хурдул нижер даруял, Дарман хIажалъуларел. Гьава гьаниб бацIцIадаб, ЦIани ракI гIорцIулареб. КIкIалал нижер гъваридал, ГIодобе бер щоларел. ГIорал гьанир гIедерал, Гьалагал гьурал гIадал. ЧIаголъи нижер лъикIаб, Лъилгоги ракI бахилаб. Бечелъи гьаниб гучаб, ЯхI-намус бичулареб. ХIорал нижер хъахIилал, ХъахIилал зобал гIадал. Пихъал гьанир гьуинал, ГьацIул тIагIам тIинкIарал. Рохьалги нижер керчал, Чорхол унти бахъулел. Ракьал гьанир батIиял Бокьанщинаб бижулел. Кинха мун бокьилареб, Чаран кьурул борхалъи, Кьварарав Шамил гIураб, ГIажаибаб дир тIалъи. |
|
||||||||||
|