![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Имам Шамилиде
Гендерил парсазул кьураби рорлъун,
Кьолон магIарухъе унев вуго дун. Гъоба ахалъуда тIогьолъ тIерхьараб, Бихьула Шамилил щулияб хъала. Шамил имамасул силияб гьаракь, Сабурго кьурабалъ буго багъулеб: - Асалам гIалайкум, гIагараб ВатIан, ГIайиб чIваге дида, чIалгIараб тIалъи! Чияр улкабазда киве кканиги, Кибго дий борхалъи букIана камун. Калугаялдаги Киевалдаги, Кинго рахIат щвечIо щобазда урхъун. Доб Россиялдаги СагIудиялъги, Асир вукIинчIо дун, дур вас вукIана. Истамбулалдаги Дамаскалдаги, Дур вакил вукIана кивго, Дагъистан! КигIан къварилъиялъ къвалал раниги, КъуличIо гьас бетIер къиралзабазе. Къисматалъул нухалъ кив вачаниги, Чалма къараб бетIер къуличIо лъийго. ТалихI къосун щвараб кагътил гуллица Каранда ругъун лъун кватIана имам. МугIрузул эркенаб Дагъистаналда, КенчIола Шамилил машгьурлъараб цIар! Гъазаватги борхун, бергьенлъи босун, Багьадур щун вуго борхалъиялде. Бугьтаназул лъелал боялги гъурун, ГъалбацI бачIун буго, чIухIа, Дагъистан! |
|
||||||||||
|