![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЭбелЛъимадул гьурмада гьими рехидал,
БохичIо гьинал ракI дургIан, хирияй. Гьелъул ракI бекидал киниде къулун, Кибго кечI ахIичIо дургIан хIасратаб. Дир бадиса гIодоб магIу гиридал, ГIодичIо дургIан ракI, гIагарай эбел. ХIулигIан хIеренаб ботIрол расалда, БахъичIо хIеренго дуца гIадин квер. Ахираб нухалда хурхун къвалги бан, Къач1о дун каранде дур квераз гIадин. Думалъго сун унел дур бераз гIадаб, БахъичIо дур сурат, силияй эбел. «Баба, дун тоге!» - ян дуда рагIичIеб, Даим гIинда гьаракь буго багъулеб. Бадиса рецIцIулел дуда рихьичIел, Дир магIил гараби руго гирулел. Бесдаллъи бихьизе дида теларин, Таваккал тIамурай камуна дие. Кидаго бер чIвазе, гьаракь рагIизе, МакьилъгIаги эбел щай ячIунарей? |
|
||||||||||
|