![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Лъаларей гIаданОгь, саналъул рекъей, рукъ бухIаялъул,
РахIат хварав дица щибдай гьабилеб? Дуца чIегIер берал хенезаридал, Хаган хутIана дун, лъаларей гIадан. Гьадинаб хIалалда хIайран дун тезе, Унго хIинкъуларищ хIакъ батиялда? ХIалъараб ракIалъе хIалай вахъани, ХIакъикъат лъачIого нахъе чIваладай? Борхатаб кавудухъ дун квал-квадани, Кавудай къирила, къонодай бала? Женазул гьурилъун дун жем-жемани, Жавабго кьеладай кьурул жайраналъ? Боржун анин сарин силияй духъе Буссинадай тIаде, тIагIундай ина? Диванги дарманги духъ кодоб бугин, Диван гьабичIого гьабе дий дарман. |
|
||||||||||
|