![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КъачIан йигищ мун?ХIанчIазул хIасратал кочIол бакъналгун,
Бакъ баккулеб буго борхалъудасан. БатIияб бухIигун, балъгояб къечгун, Къо бакъинеб буго, къачIан йигищ мун? ТIабигIаталъ хъахIаб тIагъурги бахъун, РагIулищ тIамулеб хIасратаб бакъан? ХIаллъун гьале ракIалъ къали бухулеб, Къимат гьелъий кьезе къачIан йигищ мун? Гьуинал махIалгун хинаб гьавагун, Их къавуда чIанин, чIалгIун гьечIищ мун? Керчаб тала тирун тIаса бищараб ТIегь каранде къазе къачIан йигищ мун? |
|
||||||||||
|