![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Панаяб хIухьелХъахIабросулъа МахIмуд гьавуралдаса 110 сон тIубаялде«Панаяб хIухьелгун, бухIулеб ракIгун» МахIмуд рокьул чода вуго вачIунев. «Соролел лугбазул рокьул гIарзагун» Бекьилъа Муихъе вуго сверулев. КигIан «шапаниги данде щолареб» Огь, тIамур тIогьода буго гаргалеб. «ТIа-тIала чвахулеб, гъорлъ жубалареб» Иццул лъехъ гIащикъго вуго вихьулев. Рокьуца рокьуе гвангъун бакараб МахIмудил рокьул цIа свин гьечIеб буго. Гьес ракIахъе цIарал гIищкъудул чIчIваби ГIасрабаз цIаниги тIей гьечIел руго. ГIищкъул чIинхал рикIкIун шагIирас бараб Сиялде бахараб борхалъи гьечIо. «ХIасрат цIикIкIарасе» цIаруе лъураб ЦIвалъун гвангъун буго гьеб борхалъуда. «Дунялгун дагIба» бан «рокьул кьо барав» Бай рокьуй памятник «панаяб хIухьел», «Рокьуца гIорцIичIел, гIун рокьи ккарал» Гьоболлъухъ рещтIине Пушкинихъ гIадин. |
|
||||||||||
|