![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КъункърабиТоге думалъ рехун дир тIогьол тIалъи,
ТIалъиялда гьава гьарза букIунин. Хехлъуге харабаз рехулин кици, Хехаб лъар ралъдахъе щоларебилан. БацIцIадаб гьаваги цIорораб лъимги, ЦIехоге югалда, гIагарал гьалбал. МоцIалъ къали кьабун цIваби кьурдулеб, Накъит гIенеккизе рещтIа гIурдада. Дир гIадаб гьайбатаб, гьудуллъи гучаб, ГьечIо кибго улка континенталда. Керен цIураб цIаялъ, цIияб рокьиялъ, ЦIидасан ахIила тIалъиялде нуж. |
|
||||||||||
|