![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Расул ХIамзатовасдеГьудул, риччай мугIрул тIокIкIарал иццал
ТIатIала чвахизе борхалъудасан. Биччай Каспиялде тиризе Тобот Карачелгун къочун керен чучизе. МугIрул тIогьил гIаздал хIулаби чIанин, ЧIоларо чвахулел чабхилал иццал. Чабхъад санал анин багIармеседил Сипат хисуларо, къимат холаро. Борхатаб магIарда барщараб гIидра Бищула харабаз хазина гIадин. МугIрул гIанабазда гIазу банилан Батула гIурччинлъи гIодоблъиялда. КIудияб гъветIалъул гьитIинаб тIамур ТIагIинаро гьаракь дур ВатIаналда. Мухъ битIарал чIчIваби – чIагоял мухъал ЧIечIого хъинтIила хъахIал квераца. Божа «Дир Дагъистан» - ракетазул полк Космосалде жакъа боржунеб буго. Гьале «ТIадегIанал цIваби» цIидасан ЦIияб гьаваялда цIалана дица. РекIелъ цIа бакулел ракетабазул Капитаназда дир гьитIинаб гьари - «Рорхатал цIвабзахъе» цIиял ракетал ЦIадасахун ине бокьилаан дий. |
|
||||||||||
|