![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЦIумазул цIар лъурал, гьава бацIцIадал,
ЦIилъарал мугIрузда ахIула дица. МоцIроде бахараб, цIваби хурхараб, Борхатаб Кабала кенчIола данде. ГIандиб гIор багъулеб гъугъай рагIизе, РачIа ЦIудул бусахъ сордо рогьине. Рогьалил гIужалда гIоралъ рачунел, ГIажаибал бакънахъ гIенеккун чIезе. Борхатаб ЦIумаде цIвабзахъе раха, Борхалъи цIунарал цIумал рихьизе. ЦIорорал иццазул кIкIалахъе ракке, КIал чIван гьекъаниги къеч буссунарел. ГIидра кун кьурдулел кьагIи рихьизе, Кьолой сапаралде Сильди магIарде. ГIалах цIурал гIачи, беричал бачал – Бечелъи гьеб гурищ дир тIалъиялъул. ТIогьода босараб расалъиялда, РещтIа ясалазул сас гIенеккизе, Сверун мугIрул каранлъ кепалъ багъулеб, КочIол бакъаналъул магIна гьабизе. ТIиналда тIегь бараб, тIогьиб цIер чIвараб, ЦIумада гIадинаб гьечIо тIабигIат. ГIумру гIолохъанаб, гIадамал лъикIаб, Лъиего бокьула рокьи ккараб бакI. |
|
||||||||||
|