![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ИЧИХЪАЛАЯЛЪУЛ ГЬИГЬАЛЪ БАТАРАБ БИЦЕНСтраницы истории крепости ИчиханМухIамад Дибирасулаев РДялъул мустахIикъав учитель, ХIакъикъат 2004г. 4 март.Дагъистаналъул исламиял гIалимзабазул биценалда рекъон, рагъухъабигун цадахъ Дагъистаналде рачIунел рукIун руго цIикIкIарал гIалималги. Гьезул исламияб масъалалъун букIун буго Дагъистаналъул росабалъ ислам тIибитIизаби. Гьел гIалимазда гьоркьов вукIун вуго Егапеталдаса Гьанжук Мисрижун. ТIоцеве гьев Гьанжук Мисрижун рещтIун вуго чIамалазул Гьигьалъ росулъ. Байбихьула гьес чIамалазда гьоркьоб ислам тIиби-тIизабизе. Гьеб щулалъарабгIан, цIикIкIун руго исламияб диналъул тушбабиги. Хасго чIамалазе хIинкъаби кьолел рукIун руго жеги исламияб дин босичIел къигьалаз, гьанжесел чачаназул цо къавмалъ. Зама-заманалдасан къигьалаз, гуржиязул азнавуразул кумекалдалъун, гьабулаан чабхъен чIамалазул росабалъе. ![]() id:3232 Аслияб хIинкъи чIамалаз къабул гьабураб исламияб диналъе букIуна бакъбаккул рахъалдасан. Гьеб хIинкъи хасго цIикIкIуна хунздерил тIалъиялда, ТIануси тахги лъун чIарав Суракъат нуцалил ишаздалъун. Доб заманалда хунздерил тIалъиялда лъугьун букIуна кIудияб ва къуватаб пачалихъ, жинда жаниб насранияб динги щулалъараб. Хасго гьеб насранияб пачалихьалъул гуч цIикIкIуна Суракъатил жигаралдалъун. Гьеб заманалда Суракъатие магъало щолеб букIун буго, Дагъистаналдаса гуребги, черкесазул рахъалдаса байбихьун Шемахиялде щвезегIан. Суракъат ханас гьабун буго къуватаб дандечIей гIарабиязул рагъухъабазде, Дагъистаналда исламияб дин гьукъи мурадалда. Цо рагIудалъун абуни, Суракъатица жиндир гIумруялъул аслияб масъалалъун рикIкIунеб букIана ислам къабул гьабуралщинал росаби рухIи ва чIунтизари. ХIакъикъаталдаги кинав вукIарав нуцал Суракъат? ГIарабияз гьесда жидерго цIар Суракъат лъуна. "Тарихи Дагъистани" абулеб тIехьалда МухIамад Рафица хъвалеб буго: "...Суракъат вукIана рокьукъав къирал, хъачIав рахIмугьечI",-абун. Гиничукьа ХIайдарбегицаги хъвалеб буго: "...Хунздерил тIалъиялда вукIарав согIав насранияв хан Суракъатица гьабулеб букIана, сундухъго балагьичIого, жиндаго бажарарабщинаб Дагьистаналде ислам гьукъизе", -абун. ЧIамалаз къабул гьабураб исламалъе бищун хIинкъи цIикIкIараб заманалда, Суракъат ханасда данде вахъуна чIамалазул цевехъан Бачухан. Бачуханица байбихьула Суракъатил боялде данде жиб-жиб росулъ щулалъаби гьаризе. Гьес гьарурал щулалъабазул цояб ккола Ичихъала, гьелда Ичихъан абурабги цIар буго, чIамалазул мацIалда "ахIи балеб хъала" абураб магIна буго гьелъул. Ичихъала бан буго гьанже бугеб чIамалазул Гьигьалъ росдада тIад бугеб гохIда, хъалаялъул лъабабго рахъалъан буго борхатаб кьуру, хъалаялъул бакьулъ буго борхатаб си. Хъалаялда жаниб яшав гьабулеб букIун буго 150-200 рагъухъанас. Гьеб хъалаялда бакьулъ бугеб сиялдасан балагьараб мехалъ рихьула сверухъ ругел гIемерисел багвалазул ва чIамалазул росаби. Гьанже гьеб хъалаялъул хутIараб жо буго чIунтарал рукъзабазул къадалги, чIвадналги, борхатаб сиги. БакI букIадго абила, гьаб макъалаялул автор ккана талихIавлъун, гьайбатав инсан, жиндир профессионалияб лъай бугел Дагъистаналъул миллатазул тIоцеве вахъарав археолог Атаев Дибир Муслимовичгун лъай-хъвай ккеялъе. Араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназ мунагьал чураяв Дибир Муслимович вачIун вукIана Гьигьалъ Ичихъалаялъухъе, гьелъул тарих лъазабизе. Гьесул пикруялда "Ичихъала" Шималияб Кавказалдаго гьарурал чIахIиял щулалъабаздаса цояблъун рикIине бегьулеблъун кколеб буго. Хъалаялъул сиялъул борхалъи Дибирица рикIкIунеб букIана микьго тIалаялъул борхалъи бугеблъун. Дибир Муслимовичасда ракIалда букIана пачалихъалъул даражаялда хъалаялъул цIех-рех гьабизе. Амма гьеб хъван батичIо - Дибир Муслимович гIолохъанго нилъедаса ватIалъана. Исламалъе хIинкъи букIинги хIисабалде босун, Гьигьалъго гIадин, щулалъаби гьарула Гьадири, Гьаквари ва ЦIумада росабалъги. Бачуханица жигар бахъула чIамалазул росабазул хурхен щула гьабизе, хасго кIвар кьола рагъухъаби куцазе. Гьесул жигаралдалъун щулалъула гьоркьорлъаби ва бухьенал багвалазул жамагIатазулгун, хасго тIиндадерил жамагIаталъулгун. Ичихъалаялдаса бахъараб ТIиндибе щвезегIан жиб-жиб гохIда рала щулалъаби, нагагьлъун къватIисан хIинкъи бугони, цIаги бакун лъазабизе, цоцазда рихьизе ккейги хIисабалде босун. ![]() id:204 Суракъат нуцалица байбихьула хIадурлъи, жиндие мутIигIлъулареб эркенаб чIамалазул ракьалда ругел росаби росизе. Нагагьлъун мутIигIлъичIони, РухIизе, ракьалдаса тIагIинаризе. Жидерго боги бачун байбихьула чабхъен гьабизе чIамалазул ракьалде. ЧIамалазул цевехъан Бачуханица бала ахIи киналниги чIамалазул росабалъе, кумек гьарун. Къокъабго заманалда Бачуханил нухмалъиялда гъоркь данделъула кIудия бо. Суракъатилаз рештIен гьабула Ичихъалаядаса 700 галул манзилалъ рикIкIад бугеб майданалда, майданалъул гIатIилъи гIагарлъула 3 гектаралде. Суракъатица хъала сверун ккола лъабго къоялъ. Ункъабилеб къоялъ хъалаялдаса къватIире гIарабалгун цадахъ лъугьуна Бачуханил рагъухъаби. Тарихияб мухIканлъиялда данде ккечIониги, биценадда рекъон Суракъат нуцалги Бачуханги гьеб рагъулъ паналъула, xyтlарал нахъе лъутула. Суракъат нуцалил гIагарлъияъе гьеб къейги живго Суракъат чIвайги букIанила кIудияб ничаб жолъун. Гьединлъидал Суракъат нуцаласул гIагарлъиялъ тушазул боялъул кумекаддалъун гIуцIцIула цIикIкIараб аскар ва гьабула кIиабизеги чабхъен Ичихъалаялде тIаде. Гьаб нухалъ насранияз, киналниги чIамалазул рагъухъаби, жиде-жидерго рокъо-рокъореги ун, ах-хуралъул хIалтIуда рукIаго, нусгогIанасев гIараб рагъухъан гурого хъалаялда жанив гьечIеб гIужалъ тIадеги кIанцIун, хъала бахъула ва киналниги, цо рагъухъан хутIичIого бусурбаби гъурула. Тушбабаз хъала бухIула. Гьелда лъугIана чIамалазул ракьалда ислам цIунулаго, гьелдаго цадахъ жиндирго эркенлъи цIунулаго къеркьарав Бачуханил Ичихъалаялъул гIумруги. Бачуханил хIакъалъулъ тIадеги баян щвеялъул мурадалда, дица цIехана жив Бачуханил наслу-тухумалъул чилъун рикIкIунев Гьигьалъа Къур-бангIалида. КъурбангIалил биценалда рекъон, Бачуханил цересел умумулги рукIун руго ханзабазул наслуялъул чагIи. Гьез тIоцебе босун буго исламияб динги. ![]() id:3233 ХIакъикъаталдаги ханасул гIадаб бечелъи букIарабищ Бачуханил абураб суалалъе жаваб гьабун, Къурбанг-али аль Гьигьалияс абуна: "Ашахури авалалда гьабсагIаталдаги руго гьесул бокьал рукIарал бакIал, жиб-жиб бокьобги къо-къо чIегIерхIайван ХIебтIизе рес бугел. Бачуханил ракьги цIакъго гIатIидаб букIун буго. ГьабсагIатги, гьел хурзал рекьичIониги, гьезул сипат-сурат хун гьечIо",-абун. КъурбангIалил биценадда рекъон, Бачухание магъало кьолеб букIун буго къигьалазул росабазги. Гьесулго биценалда, Бачухан вукIун вуго Исламги бокьулев лъайги бугев ва загIипазе, мискиназе, къваридазе кидаго кумекги гьабулев, сахаватав чIамгалазул цевехъан. Бицен буго, анцIила микьабилеб къарнуялда Къигьалалъа тIадвуссун вачIунелъул, аваразул гучав нуцал, Шималияб Кавказалъго жив рикIунев ГIумахан рештIунаанила Гьигьалъ, аммажиндаго цадахъ букIараб бо гьес толаанила Гьигьалъа лъабго версталъ рикIкIада бугеб Игьикьи колода. Рагьухъаби щай росулъе рачинчIелан гьикъидал, ГIумаханица абун бугила, божизе бегьулел чагIазда гьоболлъухъ жив богун рештIунарилан, Бачуханил наслабазул росулъе аскар бачинги ничаблъун бихьулилан. ТIадежоялъеги, ГIумаханил амруялдалъун, гьи-гьалъезул жамагIаталда тIаса рехулеб букIун буго хунздерил ханлъиялъе кьолеб магъало. |
|
||||||||||
|