![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Баркала, хириял дир магIарулал
Умумузул къисмат кIочон толареб,
РекIелъ чIухIи гьечIеб аваразул халкъ. Нужер намусалъе, нужер реццалъе, АхIила дица кечI авар мацIалда. СогIаб гIумруялъул херал чагIаца Кьолбол мугьру тана бараб сиялда. Дица гьезул мацIалъ магIарул хIарпаз, Абула, ахIула гIагараб мацIалъ. Баркала, хириял дир магIарулал, МагIарул гIадатал кIочене течIел, Пашманлъигун рохел цадахъ бикьулел, Кьварараб ракIалъул дир магIарулал. ЧIахIиял хIалтIабаз церехун унел, РекIелъ илбис гьечIел тIадмагIарулал. Гьабураб къотIуе хилиплъи гьечIел, Баркала, хириял тIадмагIарулал. Эркенлъи цIунизе бегIераб ханжар, Инсуца васасе кьолеб букIана. Херал магIарулаз ирсалъе кьуна, Бокьулеб авар мацI цIунеян дихъе. |
|
||||||||||
|