![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир гIагараб ДагъистанГьаб ракьалда берцинаб
БакI щибан гьикъанани, Мун бугин тола дица, Дун урхъараб Дагъистан. Тухум-кьибил щулияб, Шагьар-росу цолъараб, БацIцIадаб дин цIунараб, ЦIар рагIараб Дагъистан. Диналда дагIба гьечIеб, Гьудуллъиялъ гъункараб, Чармил кьурабаз ккураб Дир гIагараб Дагъистан. ГIумру эркен гьабураб, ГIагараб дие ватIан, Щиб кьуниги кьеларин Бокьулеб дий Дагъистан. ЦIорорал иццал журан Гучал гIорал цолъараб Каспиялъул ралъадги ЧIухIи буго Дагъистан. КIудияб Россиялъе ГьитIинав вацлъун чIараб, Тушманасда кидаго Мугъ бихьичIеб Дагъистан. Бакъ тIерхьун ананиги, Сардилъ гвангъун бихьула, Парпадулеб дур байрахъ, Дир гIагараб Дагъистан. Дур гербалда бахъараб ЦIумил сурат бихьидал, Божи буго кIудияб Гьанже Дагъистаналда. |
|
||||||||||
|