![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Абиларо дица Расул ХваниланРасул хванин абун рагIараб мехалъ
ЗанкIун чIана дир ракI жаниб каранда. Гьесул рагIабаца куркьбал гъурав дун Пашманлъун хутIана зодихъ балагьун. Къункърабазул тIелалъ куркьби хьвагIигун ЧIегIераб накIкI лъуна Дагъистан сверухъ. РикIкIад сапаралде къункъраби ана Расулие къадар хъван бугин абун. Дир ракIалъ восарав шагIир хун вукIин Киназдаго лъана бицинчIониги. Дир хIухьел къотIараб къварилъараб моцI МагIу тIун щурана Расулил бицун. Батила цо хъвараб Расулий къадар Къо-мех лъикI гьабизе тIаде бачIараб. Амма, гьудулзаби, ракI унтаниги, Абиларо дица Расул хванилан. |
|
||||||||||
|