![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Расул ХIамзатовасдеМун гьавураб къоялъ ЦIада росулъе
ЦIвабилъун кунчIана рукъзабахъ канлъи. «ЦIадаса ХIамзатий вас гьавуна», - ян Хундерил жамагIат буссана данде. ГьитIинаб халкъалъул кIудияв вакил, Мун эбелалъ гьави – халкъалъул талихI. Къилбаялде вуссун, дугIаги цIалун, Инсуца цIар кьуна Расул – ин дуе. Инсул ирс босарав ХIамзатил Расул, Баркула ракI-ракIалъ мун гьавураб къо! ГIакъилал асараз улка куцарав Гьарула гIемерал соназул гIумру. Расул гьавураб къо кIодо гьабизе РачIа, магIарулал, гьесул къебелъухъ. Гьев гIалимчиясул лъабго рагIуца КантIизе гьавулин гIадан ракьалда. Дагъистанги бокьун, мугIрулги рокьун, Халкъалъулгун бугеб хурхен тIагIинчIев. Аллагь разилъаяв ХIамзатил Расул, Гьарула нусго сон жегиги дуе. Кавказалъул тIогьив тIадеги вахун Бокьун буго дие жакъа ахIизе: Дагъистаналъул вас Расулил байрам РачIа цадахъ руссун кIодо гьабизе! Щибаб соналъ, Расул, дур гIумруялъе ГIалам бахиллъулеб къуват бижаги. Мун гьавураб улка чIухIун букIине ЧIвараб байрахъ гIадин хутIаги нижей. Хиси гьечIеб гIамал, гIадатаб кIалъай, Халкъалъе хиралъи гьаб ракьалда тIад Дур букIине буго жеги гIемералъ ГанчIида бикIараб нахъищ кинигин. Баркула ракI-ракIалъ, ХIамзатил Расул, Сентябрь моцIалъул микьабилеб къо! Къоло цоабилеб векалъул гIузру КъватIиб чIвазабизе сахлъи гьарула. Дун поэтги гуро, шагIирги гуро, ГIадатав магIарул мугIалим вуго. Амма бокьилаан дие вокьулев Поэт гьавураб къо баркизе жакъа. |
|
||||||||||
|