![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ХIажимухIамадил хвелЛенинакенталъул бацIцIадаб авлахъ,
Гьелда цебе бугеб ментазул мактаб. СагIат анцIгоялде хIалтIараб мехалъ Хвалил ругъун лъуна гьасул ботIрода. Ругънаца сукIарав, сабру бергьарав, Машинаялдаса къватIив вачIуна. Шофер живго теян гьаракь гьабуна, Нужер гудуралъе чан дун вугилан. Сверухъ валагьана бидулъ восарав, Жиндир сапарцояв чIаго вугищан. Хъатикьа таманча гIодоб рехана, Аллагьасул амру бугин гьебилан. Куцараб черхалъул нартав вихьидал, Гьесул тушманасул черх сородана. Нахъойги тIад вуссун бидулас гьасда, БотIрода тIад къулун кьвагьи бахъана. КIиго бидул тушман лъутулеб мехалъ, Шоферас гIужилго ишан босана. Гьас квер бегьарабго кьвагьулеб жоялъ, РегIана кIиявго тушман къаникье. Къо-мех лъикI гьабуна, берал къанщана, Мажгиталъуб хъамун жаназа ана. ХIажимухIамадил ахирисеб къо, ЧIегIералъ белъана, бица чурана. РитIухъаб кIалъайги, камилаб пикру, Зазлъун хIунчана дур тушманзабазда. Дур хIалтIул берцинлъи, чорхол узданлъи, Щайдай рекIелъ къараб макручагIазда? Аллагьас дуй кьураб пасихIаб кIалъай, ЦIалъун жунжудана щивасул чорхолъ. Гьасий гьабурасе Аллагьас гьабеян, Кинабго гIагарлъи данде буссана. Огь вахIшияв тушман, хIалихьатаб иш, Жеги гьаб ракьалда хIехьон буго мун. Цояца гьусула, цояв вахчула, Багьана гьечIого чи чIван рехула. Нилъ гIадин ракьалда гьавги вукIана, Гьав вукъараб гIадин нилъги рукъила. Иман рекIелъ цIуне цIар нахъе тезе, Къадар гьадин букIун батилин нилъер. |
|
||||||||||
|