![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дагъистаналъул байрахъРеспубликаялъе эркенлъи щвараб
Дир гIагараб улка, бокъулеб ВатIан. Бокьула кидаго, борхун букIине Парпадулеб байрахъ Дагъистаналда. Дагъбаш мегIералъул тIогьивги вахун, Бокьилаан дие хал гьабун чIезе. ГIиял рехъабаца авлахъалги цIун Дагъистан бечелъун бихьун букIине. МугIрузул борхалъи, гIаздалал тIогьал ГIумру халатасул дангъва бугин гьеб. Херав магIарулав дур дангъваялъе ЧIвараб байрахъ бугин Дагъистаналда. Лъабго батIияб кьер чIвараб байрахъгун Борхалъуде унел руго гIолилал. Бергьарал рагъазулъ цадахъ букIараб Унеб буго босун хирияб байрахъ МугIрул ракьанлъуда рихьулел рукIнал МукIурлъичIо жеги лъиего гьанир. Шамил имамасул АхIулгохIалъул РагIичIищ нилъеда Дагъистаналда. Гьалагаб АваргIор, ццидалаб Сулахъ Гьеб дие бокьула даим букIине. Кьурабиги рорлъун бачIунеб гIадин, ГIедегIулеб Койсу Каспи ралъдалъе. ГIагараб халкъалъул эркенлъиялъе Бищунго хирияб хазина буго. ЦIадулъги рагъулъги цадахъ букIунеб ГьечIо гьаб ракьалда гьаб гуреб байрахъ. Улкаялъе къотIи тIубалеб мехалъ, Цебе гьебги босун, гьабула пикру. Бергьенлъи босарал нилъер бахIарзаз Жемула, хьвагIула, цIунула аскIоб. Дир дагъистаналъул тахшагьаралда ТIохда парпадула ракълилаб байрахъ. ГIемер миллатазул бацIцIадаб намус Эркенлъи цIунараб цIва бугин дие. |
|
||||||||||
|