![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Сабигат, мун дида лъазе гьаюна
Сабигат, магIарул къисматалъул яс
Бегьилищ, гьабизе гьитIинаб калам? Ссунареб рокьул цIа магIарухъ тедал Рехсезе изну кье, жакъа дурги цIар. ЦIорорал иццазул льарал чвахиялъ Лъазе гьаюна мун гьаний Ц]умада. Кьурулъан баккараб дур росдал лъиналъ Дуде куркьбал гъуна гьаб т1алъиялда. Сабигат, мун дида лъазе гьаюна Инхокъвариб иццухъ г]одов чIаравго. ЧIагояб тIабигIат данде кIалъана Намус бацIцIадай яс гьанисайилан. Перо дур кIутIана, кIутIби щурана ТIабигIат берцинаб дур росдал кIкIалахъ. БетIергьанас дуе гьунар кьун буго Бокьулеб халкъалъул рекIелъ цIунеян. ГIагараб ЦIумада цIар рехсарай яс Кьуру бикIкIун дур цIар хъвазе бокьила. Авар поэзия гвангъун бихьизе Гвангъаги дур пикру жеги цебехун Каспий рагIаллъуда пикрабалъ йикIин Лъала, Сабигат, мун магIарулазда. Дуца назмабазулъ нилъер халкъалъул Сурат цебе лъолин хал гьабейилан. Пушкин библиотека, Дагъистан край Пикраби куцалеб къебелъи гьалъул. Цо саламги гьабун гьенир раккидал РекIел талихIалъул пардав рагьулин. Нилъер ц]умадисел цIумал ругилан «ЦIумазул улкаян» хъвана гьалъ цо тIехь. Цогиялъе пикру дандеги гьабун, «Эбелан» цIар тана цоги тIехьалда. ГIагараб ракьалда рокьи бугей мун Хириял мугIрузда лъалкI хутIаги дур. «ГанчIида бараб как» кирилъун хъваяй Алжан бикьулелъул, бакьулъе ккаги. Баркала, Сабигат, к]удияб дуе Намус тIадегIанал дур асаразухъ Дурго ЦIумадисеб, гIагараб район РекIелъа унарей яс йикIиналъухъ. |
|
||||||||||
|