Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Гьигьалъа бахIарзал-Шамилил наибзаби

Гигатлинские герои - наибы Имама Шамиля

Ш. ИСАЕВ - SH. ISAEV

Гьаб макъала хъвазе пикру ккана гьаб соналъул 7 январалда къватIибе бачIараб "ХIакъикъат" газеталда бахъараб "Гьигьалъа наибзаби" абураб макъала цIалидал. Гьеб макьалаялъул автор ккола диеги тарихалъул дарсал кьурал Гигьалъ гьоркьосеб школалъул учитель Дибирасулаев МухIамад.


ЛъикIаб xIалтIи гьабулеб буго нилъер МухIамадица нилъер цебесеб тарих наслабазда кIочонгутIизелъун 1995 соналъул 16 декабралда бахъун букIана "РитIухъльи бергьичIo" абураб гьесулго макъала. Жиндир заманалда гьесги гьевго гIадал цогидал аралъул цIеx-рехал гьарулезе байбихьун букIарарабани тIадмагIарулазул тарих данде гьабизе, жакъа нилъеда гъваридго лъазе букIана ХIХ ГIасруяла рукIарал гIалимзабазулги бахIарзазулги хIакъалъулъ.

XIX гIасруялла Дагъистаналда ккарал рагъазулъ кIудияб бахIарчилъи бихьизабуна чIамалаз ва хасго гьеб жамагIаталъул цебехъанлъун букIараб Гьигьалъ росдал наибзабазгун муридзабаз. МухIамадица абухъего, тIахьазда, журналазда, газетазда гIемер батула Гьигьалъ абун хъвалеб бакIалда Гъагъалъ, Гьидалъ, Игьали абун хъван. Атворас жигар бахъулеб буго гьел гъалатIал ритIизаризе. Гьебго заманаялда тIадехун рехсараб макъалаялда гьесулги ккун руго цо-цо гъалатIал Гьигьальа Къадиласул МухIамадил бицунаго авторас хъвалеб буго гьадин: "ГIолохъанаб заманаялда гьев цIалула батIи-батIиял росабалъ, гьесие щола лъикIаб исламияб льай. Рес бугев чи вукIаниги, гьев уна ГIахъушаве ва лъазабула ярагъ гьабулеб махшелги. Къадиласул MyxIaмад гьенив вукIаго, гIахъушдерилги гIурусазул солдатазулги ккараб рагьулъ МухIамадица бихьизабула унго-унгояб бахIар-чилъи. ГIахъушдерил къадияс гьесие кьола къадруяб тухумалъул яс Адай". Дида льаларо авторасда гьел: баянал кисан рагIарали амма дица Гьигьалъ росулъ кIалъазанвичIев тарих лъалел херазда гьоркьов цIакъго къанагIат гурони чи xyтIун ватиларо. Къадиласул MyxIaмад ГIахъушалив вукIанин ва гьениса чIужуги ячун йикIанин абун дида лъицаниги: бицинчIо.

Гьеб буго МухIамад-ТIагьирил "Барикъат ассуюф" абураб ГIypyc ва магIарул мацIаздеги буссинабураб тIехьалдаса бaчIаpaб хабар. Гьелда рехсон вугев Къадиласул МухIамадги ва Гьигьалъа Къадиласул МухIамадги цого чагIи кколаро. ХIакьикъаталда, Къадиласул МухIамадил чIужу Адай ГIахъушаса йикIинчIо, гьей йикIana Губденалдаса ячарай. Дир рокъор руго Шамхалов ГIубайдулаца кьураб дантаралда хъварал, Гьигьалъ росдал къокъал биценал. Гьелда буго гьадин: "Имам МухIамадилал Горданиса ккола, гьезул къебед вачIун вуго, Къадил цIарги гьесдасан бачIараб буго". Къади ккола Къадиласул МухIамадил эмен. ХIакъикъаталда гьигьалъдерица гьеб тайпаялде абула "Горданили" абун. Гьелъул MaгIнa буго Губденал абураб. ПатхIул - Мубинил бицен битIун батaни, Къади цоги росулъа вачIарав чи вукIиналъ, гьес жиндирго росулъа - Губденалдаса яс ячула васасе, Къадиласул MyxIaмадие. Гьей ясалда цIарги букIун буго Адай. Гьигьалъ росдал жамагIат буго батIи-батIиял росабалъа гочун paчIapaл, гIадамаздаса лъугьараб. Гьезул гIадатги буго тухумалде (гьигьалъдерица абула тайпайилан) бачIараб къукъаялда гьезул росдал цIap толеб.

Масала, Гьигьалъ руго гьадинал тайпабазул цIарал: "Алади" - гьел ккола ГIалахъ росулъа рачIаралдаса лъугьарал гIадамал. Гьединалго цIарал щвана Губденалдаса вачIарав Къадил наслуялъул гIадамазеги. Жидедаго гьез абула "Къадилохани" абун.

Къадие гьавун вуго вас, гьесда цIapги лъун буго МухIамад абун. Гьигьалъдерица гьесда абулаанила Къадиласул МухIамадилан. Гьев вукIуна имам ГъазимухIамадидаса байбихьун, Шамилил рагъал лъугIизегIан вагъарав рагъухъан.

Шамил имамгун рукIарал наибзабазул суратазда гьоркьоб буго Къадиласул MyxIaмадилги. Гьесул каранда буго орденалъул сипатги. Гьеб орден Гьигьалъа МухIамадкаримил ТIалхIатица кьун буго Гьаквари росулъа ГIабдулхабиров МухIамадихъе.

ГIоротIаса МухIумаев МухIамадрасулил квералъ гIарабалъ хъвараб кагътил тIанчида батана Къадиласул МухIамад цIаларав чи вукIинчIила, гьев квегIаб гIиндаги бакIав вукIанилан, амма доб заманаялда Дагьистаналда гьев гIадинав къвакIарав чи къанагIатги вукIинчIилан абун. Шамилил заманалда гIурусаздаги магIарулаздаги гьоркьор ккарал рагъазда гьес гIахьалъи гьабичIеб цIакъго къанагIат гурони батиларо.

Къадиласул МухIамадил хIакъалъулъ буго цо гьадинаб баян. Гьезул наслуялъул гIадан ГIабдулкъадирил Сайидатица бицана дида гьеб. Хунзахъ Бахубика чIвараб мехалъ, гьенив вукIун вуго Къадиласул МухIамад. ЧIвазеги чIван, ракул гъуниялда тIад букIун буго гьелъул жаназа. Мугъзадаса бихъун гурдеги букIун буго. ХъахIаб берцинаб гьелъул мугъги чIегIерал гьалалги рихьидал, жиндир ракI пашманлъанилан бахиллъун бицунеб букIун буго гьес. ТIаде хъинги бан, жаназа жинца бахчизабуниланги бицунаанила гьес.

Къадиласул МухIамадил вукIун вуго ункъо вас. TIoцeвесев ккола Губденалдаса Адайие гьавурав. Къади наиблъун вукIанин бицуна. Гьев чIван хадув гьесул бакIалда тун вуго KIвaнадаса Пасхъан (цо-цояз гьесул васинги бицуна). ЧIамалазул наиблъун вачIиндал, жиндирго хварав васасул бакIалда гьев тIами квеш бихьула Къадил гьитIииав вац ГIабдулкъадирида ва гьес гьев мажгиталда цеве вухула. Гьеб хабар рагIула имам Шамилида. Имамас абула: "Муридзабаз вухулев наиб вукIунаро", - ян. Гьесул бакIалда чIамалазул наиблъун ГIабдулкъадирги тIамула. Цебесеб гIасруялда бахъараб цо тIехьалда (ССКГ вып. Тиф. 1872. с.3-4) чIамалазул наиблъун вихьизавун вуго ГIаблулкъадир ва гьесул вукIанила 400 рагъухъанги, гьездасан 250 лъелав ва 150 рекIарав. Къадиласул MyxIaмадил кIиабилев вас Маллач вукIун вуго къигьалазул (чачаназул) наиблъун. Гьев вукIана ГIабдулкъадир наибасдаса кIудияв.

Гьигьалъ росдал дибирльун вукIарав Гъайирбегица дихъе кьураб "MaгIан" абулеб тIехьалда батана гьесул ирс бикьиялъул баян. Хъван буго гьеб Гъазами ал-Аварияс. Дибирасулаевасул макъалаялда бихьизабун буго ГIабдулкъадир наиб Хьаргьаби рагъулъ (I848) лъукъанилан ва гьениса рокъовеги вачIун, хванилан. ЦIех-рех гьабидал, дида батана гьигьалъдерил Гъоркьиял хабалалъ борхатаб зани. Зонода бикIун хъван буго гьев хвараб заман 1276 (1859) сон. ГIабдулкъадир лъукъун вуго гIурусаз кьвагьараб гIарададул гуллил кесек щун, дида бицухъе, Ведено росдада аскIоб бугеб. Ватул гьабихъ, цо-цояз бицухъе, "Болъон тала" абулеб бакIалда.

Цоги Гьигьалъа вахьарав наиб ккола ХIажар-КIудияв Дибирасуласул вас. Гьес гIахьаллъи гьабун буго ЧIиркъатIа ва Харахьи росабалъ рукIарал имам вищулел данделъабазда. ХIажар наиб ва гьесул магIзун (заместитель), Гьигьалъа ГIабдурахIманги ва цогидал чIамалалги хвана 1848 соналда Хьаргаби ккараб рагъулъ.

Гьигьалъдерица ва цогидал росдал хераца бицунаан цогиги рукIанин Гьигьалъа рахъарал Шамилил наибзабиян.

Дун Гъодобери росулъ историялъул биценал ракIарулев вукIана 1990 соналда. Дида цадахъ вукIана Гьигьальа Идрисил MyxIaмадги. Дида цIар щибин ва киса кколевин гьикъана гьениса херав Шаматов Баширица. Дица абуна Гьигьалъа вугин, цIарги Шамхалдибир бугин. ГIодоб биччан бетIергун, цо-кIиго минуталъ нижеда кIалъачIо херав. Хадуб гьес бадиса магIу бацIцIана ва гьаб гIасруялъул лъеберабилел соназ живгун цадахъ туснахъалда рукIанин Гьигьалъа Доликги Шамхалдибиргиян бицана. Гьел чIвараб къоги тункIил гьаракьги ракIалде шванин жиндаян абуна херас. Хадуб гьес бицана Шамхалдибирил эмен ГIумархIажиги Шамилил наиб вукIанин бицен бугин, гьесул рукъги гьигьалъдерид мажгиталда аскIоб букIун рагIулин. Гьигьалъе бачIараб мехалъ Шамилги гьезулъ рещтIуневги вукIун вугин.

Гьигьалъа РотIа MyxIaмадица (ХIусайнияв) Имам-МухIамадил бицунаго, хъвалеб буго гьев Шамилил наиблъун вукIанила, амма бихьизабун гьечIо щиб бакIалда наиблъун гьев вукIаравали.

Мунагьал чураяв НурмахIамадил МухIамадицаги бицунаан. Аргъваниса Шамхалги. Имам МухIамадги гIoлохъанго тарал наибзаби рукIанилан. Гьев наиблъун вукIиналъе нугIлъи гьабула цо магIил мухъазги. Гьеб назмуялъул автор вуго Гъодобери росулъа Къурбан-хIажияв.

ТIадехун рехсарал гурелги, рукIанилан бицуна Гьигьалъа рахъарал наибзаби ва бергьарал бахIарзал. Масала, МукIуч ГъазимухIамад. Бицен буто гьесул тункIил гулла алхунароанилан. Унсоколо ккараб рагъда кIудияб бахIарчилъи бихьизабула Гьигьалъа ХIанкIил МухIамадил ГIумарица. Гьес гьенив чIамалазул наиб МикагIил хвасар гьавула (гIурусазул рахъ ккурав ансадерил цевехъан) Тотомилавасдаса, гьенив живгоги чIвана. ГIабдулкъадир наибгун цадахъ вукIуна Чачаналъ лъукъарав ГьитIимухIамад дибир. Даргъо хъаладухъ байрахъ чIвалаго шагьидлъана ХIамзалав...


Газета "ХIакъикъат" 2000 г. 14 сентябрь



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.