![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЦIилъизе риччанте лъикIал гIадатал
Унел руго сонал щибго лъачIого,
Къояз сардал хисун, хасел ун их щун. Амма щибаб соналъ рагъда хваразул, ЦIарал щибаб рокъор рехсолел руго. ВатIан бокьиялъул, гьеб цIуниялъул, Умумузул гьунар цIилъулеб буго. ГIун бачIунеб гIелалъ, гIолохъабаца, ГIелалъ гIелалъухъе кьун унел руго. Лъие бокьулареб халкъалъул гьунар, Умумуз гьарурал гьайбатал ишал, МагIарул халкъалъул лъикIал гIадатал, ВатIан цIуниялъул цIикIкIарал ишал. ЦIилъизе риччанте лъикIал гIадатал, ГIумруялъ нилъее умумуз тарал. РукIине риччанте гьел гIолилазул, ГIумруялъ ракIазулъ такрар гьарулел. |
|
||||||||||
|