![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Росулъ
БукIунеб хIикмалъи риидал росулъ,
МугIрузда тIабигIат чIаголъулелъул, ГIарцул тIогьаздасан расандулаго, Лъарал чалу гIадин чвахун унелъул. Гьез магъилъ хурдузе чIаголъи кьола, ЧIобоголъараб ракь цIилъизабула, ТIугьдузул гьуинал, хIеренал махIаз РекIее кIудияб асар гьабула. БукIунеб ракIгъейги гьебмехалъ росулъ, Росдал годикIаниб, къулгIадул иццухъ; Къаси гваял гьарун лъилъарулелъул, МоцIалъул канлъухъе кечI ахIулелъул. Рогьунеб хехгоги гьеб мехалъ росулъ, БецIлъун бахъиналде хъахIлъи рештIуна. Хирияб ракьалъул кьурулъ беролеб, Иццул лъин гIадин гьеб буго дир каранлъ. * * * ГьитIингоялдаса ругьунав гьечIо, Бигьаял сухъмахъал тIаса рищизе. Къисматалъги течIо гогьдаризавун, Габур чIвана чанги дир анищазул... Жакъа дие гIумру хирияб буго, Гьелъул дарсал дие хIажатал руго ГIадамал ричIчIизе, щибго бичIчIизе, Дирго анищазул мурад тIубазе. Гьелъ божуларо дун пулеб гьорода, Божула бацIцIадаб мугIрул иццалда. Гьелъ божуларо дун балеб гIаздада, Божула мугIрузул тIабигIаталда. * * * Хаселан хасел гуро, Рииян рии гуро, Гьаб цолъиялъ, лъаларо, Гьава–бакъ рекъон гьечIо. РакIалдаго гьечIого ЧIахIацIадалъ вухула, РетIа–къан вахъаравго, Бакъул чIораз хинлъула... Лъаларо гьава–бакъалъ Гьабулеб махсаройищ, Яги рекъон хьвадизе Дидаго лъангутIийищ. * * * ГIолохъанлъиялъул гьитIинаб гъалатI, ГIумрудулъ кIудияб сангарлъун чIола. Нилъей метерисеб агъаз гьечIони, Ургъалабаз бетIер цудунго цIола. Пайда щиб ракI кIвекIичIеб, ЦIорораб пикруялъул, Карандисеб хIалалъул, МахI чIвалареб кечIалъул. |
|
||||||||||
|