![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ХIасратаб Ункъракь
Бихьулищ борхатаб ункъабго мегIер,
РакIалде щвеялъул щулалъабилъун, Гьаниб ункъго иццул цолъараб чвахи, Гъваридаб кIкIалахъе гIорлъун гъугъала. НакIкIилал рохьазул ватIан буго гьаб, МугIрул гIидраялъул улка буго гьаб, ГIаданлъи бергьарал, гьобол хириял, Гьудуллъи бокьулел гIадамал гьанир. Гьаниб буго цIилъи, цIудул борхалъи, Бакъуде буссараб ракI гъураб росу. Цин хъачIаб, цингиги хIеренлъи бугеб, ХIикмалъи гIемераб мугIрузул свери. Гьаниб буго дир ракI, гIагараб дир ракь, Рокьуй мустахIикъаб хIасратаб Ункъракь. Гьаниб буго рогьел, роцIцIараб тIалъи, Гьаб буго Дагъистан, тIолабго ВатIан. Нагагь жаваб кьезе дир къо бачIани, Умумузул мисал босила дица, Гьезул реццалда нахъ вахчун чIечIого, ЧIорлъун лъугьина дун эркенлъиялъул. |
|
||||||||||
|