![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Космонавт вуго дун
Борхатаб магIарде вахараб мехалъ
ХъахIил зодихъе квер гIунтIилин ккана. Пикраби кунчIана,куркьби рижана: «Космосалде щайзе дун воржунарев?» Махсараян ккоге дир гьудулзаби, Гьурилъун воржана хъахIил зодихъе. ХIинкъи гьудул гуро, свакги лъаларо. Гагарин вахъана гьаб сагIаталъ дир. ХIанчIи хIайранлъана дир гьунаралъухъ Хъергъо пашманлъана дихъги балагьун. Дунилан абуни рас абилелде Марсалда рештIана, моцIги нахъе тун. Дирго росоялъухъ, дирго рукъалъухъ РикIадаб зодисан валагьула дун: ГIанкIуял хъамулеб дир хъумур буго, ГIака бечIчIун уней эбелги йиго. Дир тIеметIи багIар тIохил рагIалда, ГIигIидулеб буго бакъуй салам кьун, Дир гьитIинав Къебед къварид вихьула Дун Марсалда вукIин гьесда щиб лъалеб. Дирго рукъалдаса, дир къватIалдаса, ГьадигIан рикIаде ккун вукIинчIо дун. БагIараб бакъалде, гIарцул цIвабзазде, ГьадигIан гIагарде щвелинги ккечIо. Огь бугеб берцинлъи, лъимал, Марсалда Бицун божиларо, бихьун гурони. Гьаниб бугеб лазат, дир гьудулзаби, Нуж гьечIого щай дун сапаралъ арав? Дунали думалъго гьанив чIелаан, Гьалмагълъи гьечIого чIалгIунеб буго. Гьанибго ригь базе дида кIвелаан, Эбелги гьечIого кинха вукIинев? |
|
||||||||||
|