Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

ГЬИТIИНАВ ВАСГИ ГIАСИЯВ НАРТАВГИ

Шамхалдибир ГIИСАЕВ,РАНалъул ДНЦялъул гIелмияв хIалтIухъан

Нартовский эпос

Предисловие

ГьитIинав чи вугеб мехалда, гIи-боцIул тIалаб гьабизе эбел эменги колоде ун, дун толев вукIана инсул эбел СагIдиятида аскIов. Бакъде буссараб гьелъул азбаралда хасало хабар-кIалалъе жиде-жидер васал-ясазул лъималгун ракIарулаан гIемерал херал руччаби. Цадаахъ нижги гIодор чIезарун харабаз рицунаан гIемерал биценал, марьаби, харбал. Хасго гIажаибал рукIана нартазул хIакъалъулъ биценал. Гьезул хIакъалъулъ маргьабазухъ гIенеккизе нижееги цIакъ бокьулаан. ЦIо-кIиго соналдасан дун ана школалде. Гьенир нижее цIалулаан тIахьаздаса маргьаби. Амма росулъ хераз рицунел маргьабаз гIадаб асар гьез гьабулароан. Школа лъугIун хадув дун цIализе лъугьана ДГУялъул таварихияб факультеталде. ТIоцебесеб курсалдаса нахъе дица ракIаризе байбихьана таварихиял биценал, фольклор, хасго нартазул хIакъалъулъ биценал. Гьел ракIаризе дир пикру ккана адыгаз ва гьирияз (осетиназ) нартазул эпосги бакIарун жидерго ва гIурус мацIалда къватIире риччарал тIахьазулгун лъай-хъвай ккедал. Нартазул хIакъалъулъ ругел биценал цо-цо гIалимзабаз рикIкIуна гIицIго Шималияб Кавказалъулаллъун. Гьанже киназдаго лъалеб жо буго гуржиязул гIисинал халкъазулги эрмениязулги гьеб эпос букIин. ГIалимзабаз гьеб рикIкIуна тIолабго Кав-казалъул эпослъун. Амма баянаб буго гьеб лъикI цIунун хутIун букIин адыгазул ва гьириязул биценазулъ.

МагIарулазул ва цогидал Дагъистаналъул халкъазул биценал руго цо гурев, анкьго, цо-цо нухалъ ва къанагIат 40 нартасул хIакъалъулъ. "Нартав" абулеб рагIи ккола магIарул мацIалда кутакав, залимав абулел рагIабазул синонимлъун. Нартазул чIараб бакIги букIунеб буго рохьоб яги гIалхуда, цоги гIадамаздаса рикIкIада минабахъ гьабураб. Халкъалъе гьез гIемер зиян-заралги гьабулеб букIун буго. Биценаздасан нилъеда лъала гьез гIадамал чIвалел, рикъулел, гьел кваналел, гIи-боцIи бахъулеб букIин.

Гьелъги батила магIарул халкъалъул гьездехун рокьукълъи бугеб. Амма магIарул биценазда гьоркьор ратуларо нартазул цIарал, кида ва кире гьел аралали ва киса рачIаралали баянал. Гьеб рахъалъ адыгазул, гьириязул, балкаразул кабардиназул, черкесазул, чачаназул ва гъалгъаязул (ингушазул) биценазда мухIканго бицун буго гьеб киналъулго хIакъалъулъ. Дагъистаналъул халкъазда нартазул биценал кIоченалъе гIилла буго цойги. Гьал тIадехун рехсарал Шималияб Кавказалъул халкъаз ислам босана нилъеца босун чамалиго гIасру ун хадуб. Ислам босун хадуб, нилъер халкъалъ байбихьана цере рукIарал биценаздехун мугъ рехизе (мажусияб диналда хурхараздехунги). Гьединлъидал нилъехъе щварал биценал цIакъго загIипал руго цоги Шималияб Кавкзалъул халкъазул эносазде данде ккун.

Гьаб гъоркьехун кьолеб бицен дихъе щвана Гьигьалъа ГIабдулагьил яс Азипатица бицун. Гьелдаги гьаб бицун буго, жинчир мунагьал чураяй гьелъул инсул яц ПатIиматица. Азипатица бицана гьелда жегиги гIемер лъалел рукIанин гьединалго биценалин. КIудияб божилъи буго "ХIакъикъат" цIалулезда гьоркьорги гьадиналго биценал яги маргьаби лъалез гьел редакциялде хъван ритIилин абун. Цо дагьаб нилъеца жигар бахъа-ни, нилъеда кIвелаан къойидаса-къойиде, салулъе лъим гIадин цIун унеб бугеб, нус-нус соназ наслабаз наслабахъе кьураб магIарулазул халкъияб кIалзул гьунаралъул бечедаб хазина хадуб бачIунеб гIелалъе нахъе цIунизе.

Нарт и маленький мальчик


Цо нухалъ рос-лъади жидерго васги цадахъ вачун унел рукIанила рохьоре цIул бакIаризе. Рохьосан унаго, гьезда цеве лъугьун вачIанила цо нартав. ХIамида тIад рекIун вугев васас абунила нартасда: "Нижее нух кье. Дир эбел-эмен дудасаги хIинкъун, мацI кIочон, кIалъазеги бажаруларого руго, - ян. Гьеб мехалъ нартас абунила: "Дица нуж риччазе руго, щайгурелъул гьанжелъизегIан дида кIалъазе лъиданиги кIун букIинчIо", - ян.

Нартас рохьоб жаниб жиндирго рукъ бугеб бакIги бицун буго ва гьенибе унеб нухги бихьизабун жиндир рукъалда цебе бугеб цIулги нужеего босеян абун буго. Вас гьевгун кIалъалеб мехалъ, эбел-эмен, нартас чIваялдаса хIинкъун, мацI къулчIарал гIадин, рукIун руго. Нартас гIадамалги чIван, гьел кваналел рукIун руго. Гьениса васги эбел-эменги рилъун руго нартас рукIун ккураб бакIалде. Гьенире щваралго цIулал хIама цIезабулел эбел-эменги тун, гьезда лъаларедухъ вас ун вуго нартасул рокъове жаниве ваккизе. Тахтаялда гъоркь васасда рихьун руго къотIарал гIадамазул бутIрул. Гьезул.1дибалда тIад гIужалги гьарун рукIун руго. Къадада ран рукIун руго ханжарги рачелги. Васасе бокьун буго гьел жиндиего росизе. Гьаругьин гьенисаги росун, эбел-инсуда рихьуларедухъ, гьес хIамил гъалди-бералда цIуладаги гьоркьор рахчун руго гьел. ХIамида тIад щулаго цIулги бухьун, эбел-эмен жидерго васгун гIедегIун унел рукIун руго рокъоре. Рохьоб жанисан чвахулеб лъарада тIасан бугеб кьода аскIоре щолаго гьезда данде вачIунев вихьун вуго довго нартав. Цояб квералъ ккун букIун буго чIвараб цер, цогидалъухъ букIун буго ярагъ. Гьал аскIоре щвараб мехалъ нартас гьикъун буго: "Босанищ нужеца цIул?" - ан. "Босана", - ян жаваб кьун буго васас. Нартас гьезда абун буго: "ГьанжелъизегIан хIеренаб мацI бицун дун жеги лъиданиги кIалъан вукIинчIо, тIокIал нужги рачIунге рохьоре цIул бакIаризе", - абун. Нартас гьел рокъоре риччан руго. Падамал гIажаиблъун хутIун руго сах-саламатго, чIаго-гIатIго рохьоса цIулги босун гьал рачIиндал. Падамаз гьикъун буго гьезда: "Нуж кин рорчIарал? Кин риччарал нартас цIул босизе?" - ян. Гьаз лъугьанщинаб жо бицараб мехалъ божуларго рукIун руго.Тьеб мехалда хIамида аскIовеги ун, васас жинцаго нартасул рокъоса босараб, цIулада гьоркьоб бахчараб ханжарги рачелги цебе рехун буго ва гьездехунги вуссун абун буго: Тьале гьаб буго нартасул ханжарги рачелги, эбел-инсуца хIама цIезабулеб мехалъ дица гьесул рокъовеги ун босараб, - илан. Цойги гьес росдал гIадамазда бицун буго тахтаялда гъоркь жинда чанго чиясул къотIарал бутIрулги рихьанин.

Гьес гьеб бицунаго лъабго чи лъавудаса ун гIодов ккун вуго. Жидерго васасухъги ралагьун, гьурмаздаса кьерги тIун эбел-эменги хутIун руго. Гьенире ракIарарал росдал гIадамаз къотIи гьабун буго гьев вас дов нартасдаса цIунизе. Пемер ургъун руго гьел щиб гьабилебали лъаларого. Хадуб цо данделъиялда росдал гIадамаз хIукму гьабун буго киназдасаго нартасе магъало бакIаризе ва бакIарараб магъалогун гьев вас витIизе нартасухъе рекъел гьабеян гьаризе.

Цойгидаб халкъалъул гьари букIун буго жидеда гьоркьове росулъеги вачIун, хъизан-лъималги гьарун, росдал агьлугун рекъон вукIаян абе нартасда-ян. БакIарараб сайгъатгун гьаз вас тIовитIун вуго рохьове нартасухъе. Васасда балъго хадуб халккун росулъа чагIиги рукIун руго. Цо заманалдасан рохьосан унаго васасда вихьун вуго данде вачIунев нартав. АскIове щваравго васас гьарун буго гьесда жинда тIаса лъугьаян ва бицун буго халкъалъул гьари, хадуб сайгъат-саламги гьесда цебе лъун буго. Нартас васасухъги валагьун абун буго: "Дихъе гьаниве мун тIокIав вачIунге, къинай дур эбел йикIиналъ дица мун толев вуго чIвачIого, цойги нухалъ вачIани, мун тезе гьечIевлъиги лъай дуда",-ян. Гьединги абун, нартас вас рокъове витIун вуго.

Васасда хадуб халккурал росуцоял ралагьун рукIун руго гьев кIиясулго дандчIваялъухъ. Нартасдаги васасдаги рихьизе чIечIого гьелги росулъе рачIун руго. Васасул харбихъ гIенеккарал росуцояз хIукму гьабун буго нартав чIвазе. Ва гьел гьелъие хIиллаялъе ургъун руго. Гьез хIукму гьабун буго нартасухъе, гьесие макруялъе цо берцинай яс йитIизе. Гьаз ясалда малъун буго дов кьижараб мехалъ жидеде нартасул рокъоре рачIаян хадуб ишара гьабеян. Гьедин, данде ккечIони, загьруги кьун тушман хвезавизе ракIалда букIун буго гьезда.

Рохьосан уней ясалда данде вачIун вуго нартав ва хъачIго гьелъухъги валагьун, жиндирго рохьоб бугеб рокъое ячун йиго. Нартас хIукму гьабун буго гьей чIвазе. Гьесул пикру лъарай ясалъ абун буго: "Дуца дун чIвалейги йигелъул, хвалда цебе дие гьекъезе лъимгIаги кьеларищ?" - абун.

Нартас ясалда цебе лъун буго хьагиниса лъимги тIун кIиго гелги. Хадуб букIараб бакIалда гьес хьаг лъолелъул, гелалда жанибе ясалъ загьру рехун буго. Нартав нахъеги аскIове вачIиндал, ясалъ гьесие хIурмат гьабулеб гIадин, цин дуца гьекъеян загьру бараб гел кьола гьесухъе. Амма нартас: "Цадахъ гьекъела кIияцаго", - ян абула. Лъим гьекъон хадуб яс чIвазе гIащтIи рекIинабулев вукIуна нартав. Жиндир бетIер къотIизехъин бугеблъи ясалда бичIчIула. Нартасул чорхолъ загьру бессизегIан ясалъ жигар бахъула заман инабизе. Гьелъ кIиабилеб нухалъги гьарула нартасда, дуца дун чIвалейги йигелъул, ахирисеб нухалъ дунялалъухъ ялагьизе йиччаларищан. "Йиллъа рагьдеги ун гIорцIизегIан ялагье", - ян абула нартас ясалда. ПезегIан заман гьоркьоб аниги нартав къватIиве вачIинчIого чIедал, гьей досда йихьуларедухъ гордухъан жание ялагьула. Гьелда вихьула гIодов ккарав нартав. Гьениса дагьай гьесул рукъалдаса рикIкIадеги щведал, хадуб халккурал гIадамалги рихьуларого рахIатхун лъугьуна гьей. Цо дагьаб заманалдасан гьелда бихьула гIолохъабазул къокъа ва йохун ботIродаса кIазги бахъун хьвагIезе лъугьуна яс гьезде. Полохъаби хехго рекерун рачIуна ясалда аскIоре. Гьелъ къокъго ккара-тараб бицуна. Полохъабаз нартасул рукъ сверун ккола. Яс нартав ворчIун вугищали халгьабизе цойги нухалъ рокъое жание лъугьуна. Гьев вихьарабго ясалда бичIчIула нартав хвечIого, лъавудасаги ун хутIун вугеблъи.

Гьесда кодоб букIараб гIащтIиги бахъун, хехго къватIие кIанцIун ячIарай ясалъ гIолохъабазда бицуна гьев жеги хун гьечIевлъи. Ясалъ нартасул гIащтIи кьола росдал цевехъанасухъе ва гьел хехго рокъоре жгмIире кIаниIула. ГIодов вегун вугев нар тасул нодо бакьулъ кьабула гIащтIи. Гьеб мехалъ бадиса канлъи арав нартив тIадеги вахъун квераз жиндирго тушбаби ралагьизе лъугьуна. Кквезе щварав цояв гьеб параялъго цояб квералъ габурги къан гъанкъула, цойгидав бокIнилъ вахчула. Нодо бакьулъ бугеб ругънадаса чвахулаго бигун, нартав гIасиял гьоркьалги гьарулаго рокъоса къватIиве вачIуна. Гьесие къваригIун букIуна хутIаралги кквезеги ккун тIутIун разе. Гьесул гьаркьил кутакалъ рохьор ругел гIалхул жанаварал хIинкъун тIурулел рукIуна. Унеб бакI лъаларого, ццидахарав нартав цо кьурул рагIалде щвараб мехалъ хъущтIун гъоркье вортула. Гьесда хадур ралагьун рукIарал гIадамаз, кьурул рагIалдаса кIуди-кIудиял ганчIалги тIаде рортизарун, нартав чIван рехула. Хадуб гьесул къаркъалаялде тIаде ракьги бан гIадамаз гьеб бахчула. Гьенибго гьез хIукму гьабула нартасул рокъоб бугеб къайиги нахъе босизе гьесул цIулал рукъги бухIизе. Гьев вегун вукIараб тахтаялда гъоркь ратарал жидерго росуцоязул къотIарал бутIрулги гьез чуризеги чурун ракьулъ рукъун руго. Рокъоб батанщинаб къайиги босун, рукъги бухIун гIолохъабиги бахIарчияй ясги росулъе тIадруссуна. Росдал годекIанире щведал херазда ва лъималазда бицуна лъугьанщинаб жо. Гьеб рагIула дов тIоцеве рохьове эбел-эменгун ун вукIарав васасда. Нартав чIвай васасул рекIее цIакъ захIмалъула. Гьелдаса нахъе вас я кьижун макьу щоларого, я кванил тIагIам лъаларого вукIуна.

Нахъисеб къоялъ гьев уна нартасул хоб балагьизе рохьове. Гьес цадахъ босула жинцаго доб цIулада хадув эбел-эменгун араб мехалъ нартасул бикъараб ярагъги. Хабаде щвараб мехалъ васас нартасе ворчIами кьола ва жинда тIаса лъугьаян гьарула. Жиндир хилиплъиялъ кканин дуе гьабин абула. МагIил цIурал бералги рацIцIунаго нартасул хабада тIад лъола гьесул букIараб ханжарги рачелги ва хабада бугеб ганчIида хъвала нартасул цIарги. Гьелдаса нахъе гъев вас жиб-жиб къоялъ унев вукIун вуго гьесул хабаде зияраталъе. Росуцояз бицун буго гьесул эбел-инсуда хабада ярагъ лъейги, ганчIида цIар хъвайги ва зияраталъе гьев жиб-жиб къоялъ гьениве уневлъиги. Эбел-инсуца вас вухула тIокIав унгеян ва тIокIалъги ун ватани кьварараб гIадлу гьабизе букIинги бичIчIизабула. Къварилъиялда тIаде цоги ракIхвейги бачIиндал вас эбел-инсудаса балъго рокъоса тIагIуна ва тIокIав нахъги вуссунаро.




© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.