![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьайбатаб хвелЭбел зигардула, эбел гIодула,
ГIашикъаб магIу тIун ракIалъ ахIула: Дир беразул канлъи кивдай мун вугев? Кидаго гьей нухтIа ялагьун чIола. –Вас дова рикIкIада, гIатIилъиялда, ГIодов ккаралъуса вахъунев гьечIо. ГIасиял рагъазул майданлъиялда, БакIаб макьидасан ворчIулев гьечIо. Гьабугьинан пулеб гьорол сас чIвала, Гьелъ гьев гьогьомизе гьавулин кола. Гьороца гьесул рас борхун бачIуна Гьанже гурев гьанже вахъилин кола. Гьениб сверихълъиго сихI къотIун буго Жеги бахъун гьечIо бакIаб чIегIерги Бидулал тушбабаз мерхьун рехараб Харида тIогьолги гьайбалъи гьечIо. ТIинчIаб най боржуна тIогьода сверун, ТIадго рештIинчIого тIад буссун уна. Наязул гьаракьалъ, наязул мацIалъ, Гьелъ магIу гьабулеб бугилан кола: Каранда гулла шун шапулеб мехалъ, Щиб ракIалде ккараб рикIадав гьобол? Гьавурай эбелиш, абурай ясиш? Гьанир анишилан угьараб хIухьел. Ахирисеб къо шун къаншулеб мехалъ, Щиб дуе бокьараб ракь батIияв чи? ТIулалъул ваццалиш, херав эмениш, АскIор анишилан ургъел гьабураб. Гьай талихI бугев чи, талихI бугеб хвел, Духъ цIакъ гIададаго гIодула эбел. Гьай хIурмат бугев чи, хIурмат бугеб хвел, Хвелазулъ бищунго гьайбатаб дур хвел. Дуда сверухъ хурдул хехго рорхила, Харида тIугьдулги тIегьан рачIина. ТIогьолъ най ахIтIела дур хIурмат гьабун, Духъ цIакъ гIададаго гIодула эбел. |
|
||||||||||
|