![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьабилеб шиб, телеб шиб?
ГIурцIмидаса борчIараб
ЧотIеги бахунареб, Хераб хIама букIараб ХIамидил рагьда гIураб. Росдал хIалтIи тIубазе ХIавал васас хьихьараб, Баркаманилан абун Гаргалаан гIадамал. Гьеб хабар хIалай бакIлъун, ХIусенги цадахъ вачун, ХIамид къватIив вахъана ХIамил дарам гьабизе. Маргоги цебе къотIун Кваранисан унелъул, Ункъояв данде чIвана ЧIолодаса рачIинел. «Балагье, ахIмакъзаби ХIамидаги барахшун, Бохдул чияр ратила Лъелго руго рилъунел. Ваха ХIусен хIамиде ХIалаллъи толеб гьечIин, Гьал гIадамазул гаргар КъотIизе бокьун бугин. Хурул манзилалъ инчIо Энхелоцин рахинчIо, Цойги гIадамал дандчIван ВорчIами кьун кIалъана. –ГIолохъан рекIун унев Херав хъетун вилъунев, Киса нуж кколелилан Релъанхъана нухлулал. –ХIусен гIодове кIанцIе Дада вахинин тIаде, Нухлулазул каламалъ Керен борлъанин, дир вас. Гьалагаб лъар бахана Ахал нахъа хутIана, Хуштаде шолеб мехалъ Шалалиго данд чIвана. –РекIун унев эмен шиб Лъелго унеб лъимер шиб, БакъалхIаги ратила ХIариса шайихзаби. ХIамид гьакIан хутIана ХIусен гIодов къулана. Гьабилеб лъаларого ЛъикIалан мехалъ чIана. –Ваха ХIусен хIамиде ХIал чIахъаги гьалъул, Лъабгояв рекIаниги БакIлъулеб тайпа гурин. ХIамил гIундул далана Галаби хьадарлъана Гьаб тараб кIочонгеян КIицIул рачIги хьвагIана. Гьанже гаргар къотIанин Эмен вас вугеб мехалъ, Гордохъанги ялагьун Цо кIодоца абуна: –Балагьея гIадамал Цо гIаламат бихьизе, Цо хIайваналъ баччараб КIиго хIайван бихьизе. Эмен гьакIан хутIана Васги сагьвиллъун ккана, КIодо йитIун хIанилан ХIамица рачI хьвагIана. Вай тамаша, гIаламат Гьабилеб шиб, телеб шиб, Кивехун вилъаниги Гьури къотIулеб гьечIин. Кинан нилъ хIалтIаниги ХIалхьи тезехъин гьечIин, ХIамаги рохьдолъе гъун Рокъов вилъа, дир ХIусен. |
|
||||||||||
|