![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГIечул гъветI
РагьтIа гIечул гъветIги чIун,
Лъалъадилей йикIаго, ГIакълукьезе вачIана Дир мадугьал ГIабдула. –Чабахъ–гъегъ гIемер буго, ГъветI гьаниб бижиларо. ГIадада лъин баччуге, ГIантайилан абулин. Дица мадугьаласда Баркалаян абуна. Бижидал гIеч кьелилан, Гьесий къотIи гьабуна. Сордо ана, къо ана, Хасел хисун их щвана. Дир гъотIол каралъ рештIун, ХIанчIаз бакънал рачана. ТIохдасаги эхеде, ГъветIалъ бетIер борхана Халатал гIаркьалаби ГIечалъ гIодоре цIана Дие «гIакълаби» кьурав, Ракьалда бугьтан лъурав, Бабиласул ГIабдула ГIеч кваназе ахIана. |
|
||||||||||
|