![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
БурутIНижер гIадаб жайран
РагIаниш, васал, СуратгIан чIурканаб КагъатгIан хъахIаб. Дир гIадинаб бурутI Бихьаниш, лъимал, Лъурдулги магьидул, Расги меседил. Бе–э –э, бе–э–э Хер кье буртIие. Бе–э –э, бе–э–э ХинкI кье буртIие. Гьурилъун боржунин, ХIинчIлъун пархунин, Махсаро гьабуге Гьалъулгун лъимал! Чулъун бекерулин Чанлъун кIанцIулин, Воре нуж рехтIоге Нижер буртIиде. БацI данде чIваниги. Дун хIинкъуларо, ХIатIаз мерхьина гьалъ Рохьазул хъачагъ. Хъумур бихьаниги Нахъе къаларо, Хучдул гIадал лъурдул Ругелъул буртIил. Дун кIодохъе уна Нухалги лъала. Кие дун аниги, «ХъахIабги» щола. Рохьоре хьвадула Магъилъ хIалтIула, ТIогьол байдабазда Ниж расандула. Бералги гIурччинаб, ГIамалги лъикIаб, РагIараб жо гуро Гьадинаб бурутI. ГIундулги гъуцIараб Гъалги кIургIараб, КIвеладай дадада Дир жайран хъвезе. |
|
||||||||||
|