![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
АхикьПирийиш пирхараб
Каспий рагIалда, ГIажаибаб кунчIи ЧIванин ахикье. Анжиялда кIиго Бакъиш баккараб, Къол канлъи хисараб Хасият кканин. Нил гIорулъ къо къунеб Къункърадул гIадаб, Къула йорхиялъулъ Борхатаб габур. Хуниш рахъунищан Хал гьабичIого, Гьанисан яккана Доясан ана. Гьал гьудулзабазда Кисанха лъалеб, Гьадай Лайла йикIин Дун Мажнун вукIин. * * * Рохалий босулеб Меседил ручка, МагIу бецIцIулаго Босана кодой Праздникал баркун Ругьунав дица, Пашманаб зигара Гьурщизе ккана. МайдангIан йитIарай ТIегь гIан берцинай, Савдат гьечIин абун Бицана телалъ. Каламги хIеренай ХIалги рекъарай, ХIурулгIин йикIана РекIей гIагарай. ГIамалги берцинай ГIумру хирияй, Хехго щай къокъарай Къарбияй бика. Хириял щиназул ЦIарал росарай, Савдатги йикIана Дир сияхIалда. РекIелъ цIунаразул ЦIар рехсолаго Яцалда цадахъго Рехсолаан гьей. |
|
||||||||||
|