![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир гьудуласде
Дица нужер ригьин
Баркизе гьечIо, Ва гьелъие гIоло ГIайиб гьабуге. Нужее талихIги Гьаризе гьечIо, Гьарула гьелдаса ТIаса лъугьаян. Нужохъайиш гьалмагъ Аллагь вукIарав, Алжан бикьулелъул Бакьулъе кканин Бице, аварагиш Дур эмен колев, Гьаб дунял майилан Духъего кьунин Гьудул щванин абун Мунги ватила, Гьудулиш йикIуней Щубил багIар бакъ Лъади ячанилан РакIги батила, Лъадидай йикIуней ЦIураб шагьри моцI. Бигьа гьавун хьваде Гьаб дунялалда, Дур хIатIикье кканин Дир мискинаб ракI ХIисабалда босе НухтIа хIетIеги, Дур тIогъокьин бугеб ТIолго дир талихI. Ва дир талихIалъул ХIал кIуяв къирал, Къаге гьудул данде Дир чара холин. Цинги дир рухIалъул ХIакъав бетIергьан, Баге Лайлада къвал Дун къварид вугин. |
|
||||||||||
|