![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Сардилъ
Сардил бецIлъиялъулъ
МагIарул росо, СихI къотIун букIана Жибго рохь гIадин. Зодир цIваби гIадин Цого рукъосан Гордохъан бихьулеб КунчIи букIана. Сардил сихI къотIиги Биххизе гьабун, Пандур хъвалеб буго Цо гIолохъанас. Меседилал килшал РасанданагIан, ХIайранал бакъназул КъватIал цIун руго. Дунги музыкалъе Квешавго гьечIо, Гьадин хъвалеб пандур Дида бихьичIо. Бакъан–каламалъе Къадарав гуро, КъасигIан рекIее Асар гьабичIо. Гьаб гIадан кьижараб Сардил гIужалда Лъий бачунеб бакъан Нилъер гIолилас? Вихьулеб бакIалда Инсанги гьечIин Бассаризабулеб Сундуе гIоло? ЦIа свани паровоз Вокзалалдаго ЗанкIан чIун хутIула Махх–чаран гIадин. Дандияб рагъида Гъой гьечIей ани ГIолиласул пандур Гаргалароан. |
|
||||||||||
|