![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Умумузул ракь(Земля предков)Автор: Исаев Шамхалдибир Дагъистан чIухIараб,чIамалазул халкъ, Хасго гьеб бохараб гьигьалъдерил ракь. Росдалго багьаял Бачуханилал, БахIарчияб тарих нилъее тарал. Тамерланил боял щущазарурал, Надир-шагь Афшарил аскар гъурарал, Шамиль имамасда хьолбохъ рагъарал БахIарзазул ВатIан, ЦIумада - дир ракь! Гуржи - Чачаналде чабхъенал гьарун, Чан-чанги хIурулгIин хъамун рачIарал, Бихьинал къвакIарал, къимат цIикIкIарал, Сундулъго лебалал дир гьигьалъисел! Тарбия цIикIкIарал, цIар тIибитIарал, МагIарул халкъалъул къадру борхарал, Сипатал берцинал, сабру цIикIкIарал Рижиго гьайбатаб... цIумадисезул. ГIараб гIелмуялъул марказалъул рукъ, Малхи-масиязда ислам малъарал, ТIадмагIарулазул гIадат цIунарал, ЦIумазул цIар щвараб чIамалазул къавм, Бичас ханлъи кьурал Бачуханасул, БахIарчиял васал, сахлъи нужее! Наслабаз ирсалъе ияхI босарал, Баркала нужее, хириял вацал! |
|
||||||||||
|