![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Нуж кир гIедегIарал?
Нуж кир гIедегIарал, гIумрудул къоял,
Гьалагаб гIор гIадин чваххулел ругел? Нужорги хIалаки, хIасратал сардал, СогIаб гьури гIадин роржунел ругел! Гьалагаб гIорали сангаралъ къалин, Сунца чIезарилел роржунел къоял? Гучаб гьури яли гьоркьоб къотIулин, Лъутулел сардазе кин нух къотIилеб? Унеб гIумруйилан абилароан, ГIемер жо букIана жеги гьабизе. Заман боржиналъул бицинароан. Гьебгин воржанхъизе жан бугебани. Шай гьаб ракьалда тIад гьоркьохъеб гIумру, Анкьнусго соналъул букIунеб гьечIеб, Гьоркьоса цониги къо бахъичIого, Эбел–ВатIаналъе хъулухъ гьабизе? |
|
||||||||||
|