![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Медсестра Рашидатиде
ГъутIби тIегьан руго, тIегь баккун буго,
ТIегь гIадай Рашидат хабалъ лъун йиго. Микьабилеб марталъ мун гьаюраб къо, Гьеб баркизе дуе тIугьдул рачIинчIо. Дур гьалмагъзабиги пашманго руго, Разияй Рашидат йихьуларого. Дур ясалги цIакъго гIодулел руго, ГIолохъанго эбел ракьулъеги ун. Дур рукъалда цебе тIегь баккиладай, ТIугьдул хирияй мун тIагIун йигелъул? Исанаги ахикь пихъ барщиладай, Дур хIеренал кверал каранда лъедал? |
|
||||||||||
|