![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЧАЧАНАЛДА РУГЕЛ МАГIАРУЛАЛ( Страницы истории селения Кванхи )ГIИСАЕВ ШАМХАЛДИБИР Журнал "Гьудуллъи" 6-1991г. стр. 88. Авар халкъалда гъорлъ руго цо-цо жидерго хасаб мацI бугел кIудиял гурел жамагIатал Гьединазул цоялда чIамалалилан абула. Гьезул хIакъалъулъ тIоцебе рехсон буго 500 ялде гIагарун соналъ цебе гIарабалъ хъвараб тарихалда. ЧIамалал абураб цIарги бакъвазабураб гени (чIама) абураб рагIиялдасан лъугьараб букIине ккола. Цебе заманаялда гьезул магIишаталъулъ гIияхъанлъи гуреб ахихъанлъиги букIана. Доб заманалда мугIрузул Дагъистаналъул гIемерисел жамагIатазго гIадин, ЧIамалазги Шамхалие магъало кьезе кколеб букIун буго. Гьелъул къадарги, биценалда рекъон, 500 гIиялъажо букIун буго. ЧIамалал руго Дагъистаналда гурелги Чачаналдаги. Шаро-Аргун гIурул тIасияб рахъалда ругел Кванхи ва Чадири росабазул гIадамаз гьабсагIаталдаги чIамалазул мацI бицуна. Гьел росаби тIоцере рехсон руго Авар ханлъиялде гъорлъе унел рукIарал росабазул сияхIалда Гьелда рекъон 200 ялде гIагарун соналъ цебе Шаро - Аргуналъулалго гIадин гьеб кIиябго росуги ГIумаханил наслуялъул квершаликь рукIун руго. Араб соналъ дие рес щвана гьениве ине ва цо-цо цIех-рехал гьаризе. Гьединлъидал бокьун буго "Гьудуллъи" цIалулезе цебегоялдаса нахъе чачаналъул мугIрузда чIарал аваразул, ай чIамалазул, хасго дун жаниве щвараб Кванхи ва Чадири росабазул хIакъалъулъ дагьаб бицен гьабизе. Шаро - Аргун гIурул тIасияб мухъалъул бакIазул цIаразул цIикIкIарасел чIамалазул мацIалъул магIнаялда кьун руго. Биценалда рекъон некIо доб мухъалъул тIолалго ракьал Итунхъалаялде щвезегIан Йчихъан абулеб росдал бетIергьанлъиялда гьоркь рукIун руго. Ичихъан абулеб цIаралъул "ахIул росу" абулеб магIна буго. Ичихъан росдал хан Бачуханас Шаро - Аргуналъул мухъилъ ругел ракьал цIунизелъун гьенире ЦIумада абулеб росулъа гIадамал ритIун руго Гьез гьениб росу бан буго. Гьигьалъдерил диалекталда гьелда Кунхуян абула Гьанже гьениб буго Кванхи росу. Ичихъан росдал хутIарал чIвадналги гIарабалъ хъвай-хъвагIай бикIарал заналги Гьигьалъ росдада тIасан гьабсагIаталдаги цIунун хутIун руго. Ичихъан росу гьелъул гIадамаз рехун тун буго гуржиязулгун рагъ лъугIун хадуб. Гьеб рагъдаса хадуб Бачуханасул кIиго вас Сурхай ва ЧитIи чIаго хутIун руго. Сурхай Гьадириве ун вуго. Гьенир гьабсагIаталдаги гьесул наслуялъул гIадамал руго ЧитIи Гьигьалъго чIун вуго. Гьениб бугеб гьесул наслуялда сакъуралилан абула Ичихъан росу бихун хадуб цIи бараб Гьигьалъ росдал жамагIаталъе магъало кьолеб букIун буго ГьечIани, Кинсу, ХIачари, ХIачтIу ва цогидалги чачаназул росабаз. ЧIамалазул кунху ва бол мацIалъул "кан" абурал рагIабаздасан бачIараб букIине ккола Кванхи росдал цIарги. Гьеб росулъ бугеб Корабали абураб тухумалъул умумул ккола ЦIумадаса ракьал цIунизе гьенире ритIун рукIарал ва гьеб росу барал чагIилъун. Кванхисезул лъабго цогидаб тухум: Горалал, Тавулал, Къадилал рикIкIунел руго Гьигьалъа рачIарал гIадамаздаса лъугьараллъун. Руго гьенир батIиял миллатаздаса лъугьарал наслабиги. Масала, Качалоханал лъугьун руго гуржиялдаса хъамурав Качалошвили абурав васасдаса, Хъицбалиял-цIавзалъа ячарай гIаданалдаса; Кутубари-турказдаса кколел руго. Кванхи гуребги гьелда аскIор росабиги тIоцере магIарулаз рараллъун ккола. Мисалалъе, Широ абулеб чачаназуллъун рикIкIунеб росу чIахъаз бараб буго. ХIурият ккелалде цере гьениса Гьигьалъе рачIарал чIахъазде Ширудиян абула. ГьамачI абулеб росу Гьакварисез, Чадири Гьигьалъисез бан буго. Амма гьеб лъабабго росу: Ширу, ГьамачI, Чадири чачаназул росабилъун рихьизарун руго. 1895 соналдаса хадуб биччараб Е. Козубскиясул "Памятная книжка Дагестанской области" абулеб тIохьода бихьизабун буго Чадири росулъ кинабниги 75 цIаракиялда гIумру гьабулеа 360 чи чачанал кколилан. Цебе заманаялъ доб мухъалъул гIадамазда лъикIго лъалаан чIамалазулги, магIарулги, чачаназулги мацIал. Хадур ккун тIоритIарал переписазул хIасилазда гьел чачаналлъун рихьизарун руго. 1944 соналъ чачаназдаго цадахъ чIамалалги Казахстаналде гочинаруна. Дора ругеб заманаялъ гьел магIарул мацIалдаса гурелги жидерго чIамалазул мацIалдасацин махIрумлъун тIуранго чачаназде сверана. Гьаб сагIаталда гочинарурал чIадирисез гIумру гьабулеб буго Алма-Атаялда, Чимкенталда, Чечено-Ингушетиялъул Ал-ханюрт, Алпатово, Советская Россия абулел росабалъ. Гьанже Чадири росулъ хутIун буго ичIго цIараки. Кванхисезеги Чадирисезеги бокьун буго Агъвалибе машинаялъул нух бахъизе. Гьеб бахъизе байбихьун кIиго сон бана. Республикаялъул хIукуматалъги гьелъие кинабгIаги квербакъи гьабулеб гьечIо. ХIукуматалъул рес гьечIогонищ бугеб гьенибе цо чанго трактор битIизе. Гьадинаб, миллатазул гьоркьорлъаби хIалуцараб заманаялъ нилъеда тIадаб буго республика бахун къватIирехун ругел нилъергун миллатцоял гIадамазул тIалаб - агъаз гьабизе, гьезул мурадал цIунизе. ЦIакъго лъикIаб тадбирлъун букIинаан республикаялъул ВУЗазде ва техникумазде лъугьунаго гьезул лъималазе бигьалъаби гьаруни. 1992 соналъгIаги Кванхи росулъе нух бахъизе хIукуматалъ кумек гьабуни гьелъ мугIрузул росабазул халкъалъе рес щвелаан Грозниялде хьвадизе, ва ЦIумада, ГIахьвахъ районаздаса гIадамалги жеги цIикIкIун цоцаздехун гьуинлъилаан. Гьедин кIиябго халкъалъул цоцалъ бугеб гьудуллъиги тIадеги щулалъилаан. |
|
||||||||||
|