![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Песня АлиПисьмо получено от Кинтаева Али в 1941 году с фронта, оно адресовано жителям села Кенхи Шаройского района ЧР. Али не вернулся с фронта. Точное место его гибели и захоронения не известно.
Цо салам битIизин тIаде магIарухъ,
Юсуп аварагас инсуде гIадин. Гьадият регIизин гIажам хатIалде, ГIорлъун щущан араб ракI данде бачун. Баян кьезин нужей дир ахIвалалъул, Ахир данде къарал къварилъабазул. Къо мех лъикIан абун нуж таралдасан, Таманаб гIакъуба нижей бачIараб. Бихьараб шиналда щукруги гьабун, Щулалъи гьабуна гьанже дир ракIалъ. КIиго санил гIумру гIемер гьечIилан, ГIакълаби рукIана гIолохъабазул. Чанги гIолохъаби гIолилал васал ГIурус низамалде руссун рукIана. КIал ккураб къояца бакъалъухъ гIадин, Балагьун рукIана кIиго соналда. Маску хъалаялъул телеграмм щвана, ТуманкI ярагъалъе хIадурлъейлан. ХIакъаб приказ кьуна полковниказе, Красни арми къватIи бахъеян абун. Нилъер союзалда тIаде кIанцIизе ТIубураб гьаялда гьедун вугилан. ГIисинал улкаби кодоги росун, Пачаясул палан гьедин бугилан. Гьанже лейтенантаз команда кьуна, Рагъул алат къачIан къватIир рахъеян. Къоло кIиабилеб июн моцIалде, Махул тIагърал кьуна кьварун чIайиан. Габур къулараб къай къан мугъзадагун, Чанги къоял ана къваридго нухда. Рорхатал щобазда чатиралги чIван Чанги гIолохъаби гIемер рагъана. ГIаздал бусабазда сардалги рогьун, СанагIат гьечIелъулъ гIемерал кана. ТIолго гьалмагъзаби цадахъ рукIарал, Цоцада рихьулел гIадан цин гьечIо. ГIемерисел чIвала, лъукъун хутIула, ЛъугIун унеб буго кинабго гIалам. Хъатикье ярагъ кун, гурун гъуждулгун, Гъоркье кинан унел капураб рагъда. Гъазават гьечIеб рагъ рекIей гIечIого, Инкар гьабунани гьаб сагIат чIвалел, ЧIалгIараб куцхале гIолохъабазе, ГIемерал свераби серун кун руго, Бокьараб лъугьаян тавкалалда, ТIолго аварицал цо гIадин руго. Цидул тIанчIи гIадин тIад магIарулал, ТIубараб хIалалда, яхIалда руго. Гьале дунги вуго гьезда бакьулъе, Бокьараб каламлъун гаргалев вуго. Жиндир рекIелъе жан иман бугесда, Аллагь гурхIайилан абулеб буго. РакIалда гьечIого бухьараб сапар, Бихьана беразде, данде багъана. БитIун гIумруялъухъ урхъараб заман, Загьрулъун чIамизе кодобе кьуна. БитIун завалалда тIегь баккулаго, ТIад мегIер, киса дир керен чучила. Чанги ракI жубарал гьудулзабазде, ГьечIо квер гIунтIулеб кин ургъаниги. Радал бакъанида серулел къватIал, Къанщарал беразда макьилъ рихьула. ТIолго гIолилазда гIолохъабазда Урхъи буго бергьун гьалаг буго ракI. ТIупаналъ гъанкъарал НухIил къамалда Къоял рачIанадай нижеде гIадал. Гьороца росарал самудилаца, Сардал рогьанадай нижеца гIадин. |
|
||||||||||
|