![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Батула замана Къуръан цIализеКечI-бакъаналъ сверухъ дун ккунаниги,
Камуларо заман какал-разе дий. ТIамур кодоб босун кечI ахIаниги, Батула замана Къуръан цIализе. Чагъир гьекъонилан дун мехтуларо, Кидаго дир рекIелъ вукIуна Аллагь. Аллагь рехсолеб ракI къотIуларо дир, Вокьула дие ракI-ракIалъго Аллагь. РикIкIун къоял рукIин лъалеб жалъидал ЛъикIлъаби квешлъаби батIа гьаризе. Воре, гьудулзаби, гьабе цо пикру СагIтил божи гьечIеб жо бугин гIумру. Аллагьас дий кьурал къоялги рикIкIун, БакIарана данде гIиязул рехъен, Гьеб ризкъи дий кьурав Къудратав Аллагь, Дуе рецц гьабула дица кидаго. |
|
||||||||||
|