![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КIванада росу
Чармил сангар буго сверун мугIруз къан,
Къадру тIадегIанаб дир тIалъиялда. Дун жанив гьавураб, дун жанив гIураб, Бокьула дие мун,. КIванада росу. НакIкIилги махилги бахилал рохьал, Рихьун гIорцIуларо кида щваниги. Гьобол-гьудуласе рагьарал нуцIби, Кидаго къаларо дир росуцояз. Росдаде къулараб къадруяб мегIер, Бихьула Нисури зодоб тIогьги цун, Ахада тIибитIун тIогьол расалъи, ТIабигIат берцинаб КIванада росу. РачIа нуж КIванаде, дир гьудулзаби Пандрида ахIулеб дир кечI рагIизе, МухIамадгун ГIали, ТIамир Синдикъов, — Нужей гьанир нуцIби рагьарал руго. |
|
||||||||||
|