![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
VГьаб Хъварши кIкIалахъе мун хисулев чи
Кида жеги щвелев, лъаларо дида. Замана анагIан лъала дур ками. Кивго мун кIочонев чи ватуларо. Цо соналда Хъваршиб мугIрул тIогьазда Лаиллагьин хъвана хъахIаб гIаздаца, Чан хIикмалъи бугеб, чи кантIизеян, ТIадегIанас битIун гьаб ракьалда тIад. Загъалав вижараб, гIакъил вахъараб Алжанул тIанкI гIадаб тIабигIат буго, ХIукму къотIизеян, Хъварщиб росулъе ГIемерал гIадамал щвараб рукъ буго. Дун хIинкъулей йиго, дида кIвеладай ГIелму хириясул хабар бицине, Сорола пикруго, Загъалав дибир, Дир дин цIунарасул цIарго ахIизе. ЦохIо Аллагьасе мукIурлъараб ракI, Маккаялде щолев Рузман-как базе. Росулъ тарав гьесул цIулал хьиталги- Мажгиталъул кIалтIа Мадинаялда. Загъалав шайих дур баркат, шапагIат Камун хутIугеги ниж дур ракьцоял, Ракьцоял -киналго дир магIарулал, МунгIадаца бугин бакъ нижее кьун. * * * Кье, ТIадегIанав Аллагь, гIакълугун къуват нижей, Дудехун гIагарлъизе, цохIо Дур нух ккун ине, Мун вокьулев умматгун цохIо ахикь ратизе, Иман бугеб Дур халкъгун гIумруялъго хутIизе. Дуе мутIигIал гурел къоял нижехъ щогеги АлхIамдулиллагь, Аллагь, кидаго рекIелъ вукIа, Кинаб къо тIад щваниги, кантIизе Дуца гьаре, Лаилагьа иллаллагь, МухIаммад - расулуллагь. |
|
||||||||||
|