![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
IVЛъабго къоялъ цо чи хIадурун вуго, Загъаласухъе жив ине вугилан Гьев щведал, лъабго къо, духъги валагьун, Анилан абуна гьес дандчIваравго. Жинда шаклъарасда гьес чамасдакIул ГIаркьел бихьун буго, росу течIого, БацIцIадаб диналъе насиблъараб жан Жаниса вацIцIадав вукIиналъ ккарав. ЧIухIарал рекIарал щвана цо къоялъ, Суалалъе бугин жаваб къваригIун. Жододаго лъалин гьеб балагьизе, Жалго риччан тейин дур тIахьазухъе. Лъабго сордо- къоялъ тIахьалги хъирщун, Нижеда батичIин, гьел мукIурлъидал, Вугев бакIалдаса кьуричIого, гьес ТIехьалъул гьумерцин бицана гьезда. ЧIухIараб гIамалгун тIад щвечIел ани, Гьеб сагIатго жаваб щвезе букIанин, Мугь бищизе лъачIел гIанкIаби гIадин Нужги, нужер хал ккун живги хутIанин. Мун кIудияв шайих, дурго рокъоса ХIарамаб жо жиндий кьеян абидал, Гьес цабзазулъ ккараб тIагIам бахъана, Гьеб хIарамаб бугин кваназе абун. ГIиял рикъаравги рокъове ахIун, Кваназе гьавуна, даража щолин. ГIундул кIудиявин кIалъарасдаги, ГIелмуялъ цIураб черх бугин, абурав. Борохь чIванигицин магIу баккулев, Мун гурхIел цIикIкIарав, цIар арав инсан. Аллагьас лъураб рухI Аллагьас гуреб Бахъизе ихтияр гьечIин гIодарав. Дунялалъул рокъов ракI хIалхьун чIечIев, МагIишат ургъеллъун тIаде босичIев, Шибаб араб къоялъ гIагарде цIалеб, ХIадурлъана гIакъил, хвелгун дандчIвазе. Балъголъаби лъалев кIудияв гIакъил, Мун камидал бецлъун анадай росу. Дур ургьиб ракI чIедал бестIаллъараб халкъ Жакъаги дур бицун янгъизго буго. Какий чурун гурев гьесул хабаде Ине кIоларилан биценги буго. Махсаро гьабулес, жинда кIолилан, Хабаде инеян тIаде вахъидал, Лъавуде щвелелде жив мугIрул тIогьив Жиндаго ватанин бицун рагIула. Жинда лъаларила кин гьенив щварав- МукIурлъун вуго гьев гьал гIадамазе. Гьесул заниялда ран ругел чIумал Сверулел рихьанин, рихьичIел квераз, Гьеб хIикмат бихьарав вацIцIалъун анна, Мунагьаб пикруцин гьабизе хIинкъун. Загъалав шайих хун, вукъулеб къоялъ Къилба рахъалдасан, магIарда тIасан, Гьесул хуриб речIун букIанила нур, МаркIачIул как базе мех щун хадубги . Гьеле гьеб бакIалда вукъанила гьев, ТIолабго жамагIат тIадеги бахъун. Жакъаги гьесул хоб гьединго буго, АскIор ругел хабал ихаз аниги. ГIараб тIахьаздаги мухъал хъван руго, Цо сардилъ кутакаб зоб багъаранин, Мадиналда Шамил Хъварши Загъалав Накълулъарал сардал гьал ругин абун. Загъаласул зонол зияраталда Шамил хвараб тарих бикIун батула, ТIолго Кавказалъе камурав имам Асул цIаралдаги аскIов лъикIилан. |
|
||||||||||
|