![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
IIIЗагъалав швезегIан лъабго сордо къо ГIалимзабаз бана Харахьи росулъ Имамлъуде Шамил тасдикъ гьавизе ЧIана шайихасухъ гьел балагьун чIун. РагIи жубачIого гьаб жамагIаталъ Разилъи кьун буго гьеб мажлисалда, Загъалав шайихас,тIаде щваравго, ФатихIа цIалидал, кверал цере ккун. Лъабго бусурман чи нухда вахъидал, ХIадис буго, цояв бетIерлъун теян, Дун гьаб мажлисалъул вакилзабаца Имамлъун мун тезе тасдикъ гьавуна. Дуй насихIат буго, хирияв имам, Халкъалда къварилъи лъазе тогеян. Зулму гьабулесул гIумру къокъабин, Мун нижер бетIерлъун халат хутIаги. Мун имамлъун тезе тIадаб нижеда, Мун гурес тIураге нилъер ишалги, Амма гIалимазда дандги бачIого, Бусурман чиясул би гIодоб тIоге. Авараг хун хадур, хис-хисун ккарал Халифазул цIарал цIалкIун лъуна гьес, Халифлъи къваригIун васас чIваравги Халиф вукIаравлъи бицун тана гьес. Дуе гIакълу кьунин квешги букIунге, ВукIана дур кIуди Денга Гьигьалъа, Гьесул васасул вас мун какулев чи РагIизе захIматаб Загъаласеги Аскар гIемерлъидал ,гуч духъе щведал, Шамил мун хисизе гьечIевлъи лъала, Зулмугун пасалъи тIагIине дуца Жигар бахъиялде божиги лъола… Загъалас гьабулеб дугIа лъугIидал, Гьес къварилъун гIодой бетIер къулидал, Сверухъ ругелшинал гIодун рагIула Шамилилги магIу баккун рагIула. Загъалав дибирас къотIараб хIукму- Гьеб мекъаб батичIо гьаб дир халкъалъе, Гьаб дир халкъ чIухIизе вижарав Шамил, Гьесул цIар бахчулев чи гьечIеб ВатIан. МукIурлъулеб гьечIин магIарул росу, Рагъгун ине дие бокьун гьечIилан, Шамилица жиндир ургъел бикьидал, Имам, сабруйилан, чIарав Загъалав. Загъалав дибирас дугIа цIалана, Цевехун имамин, цинги абуна, Росдал жамагIатго, дандчIун букIараб Ярагъ бахъичIого байрахъ ккун чIана. Вохун Шамилица гьикъана гьезда- Сунца нуж рачарал гьеб хIукмуялде? Нижеда дугIадул рагIи рагIанин- Разилъи букIанин - букIана жаваб. -Загъалав, баркала, дуца цIунана, ЦIудул борхалъуда буго дур гIакълу. Имамлъун вукIине мун рекъелаан, РекIел хIал яргъиде дур цIалеб ани. -Тушманин, чи чIвазе гIакълу рекъелищ, ГIелмуялъулъ буго дир талихI бижун. Хвалчадул балада батулеб кири, Дирго гIелму цIикIкIун,цIехезе те дун. Дуе гьунар буго хвалчен кквезе кьун, Кьурав Аллагь вуго,гьунар дур буго. Дие гIелму буго БетIергьанас кьун, Кьураб босун чIезе, дун хIинкъиларо. Имам Шамилица жиндасаги лъикI ГIелму лъалев чилъун толев Загъалав, КIудияб гьудуллъи гьел кIиязулго ЦIалулел соназго ккун букIун буго… Кьварарав имамас хIукму гьабула, Лъабго мурид чIвазе гIайиб гIунтIарал. «Аллагьас лъураб рухI гьес бахъизе те, Гьеб кIудияб мунагь тIаде босуге; Дур гIайиб гурелъул гьел бецлъун рукIин»- РакIго букIичIого кIалъана дибир. ГIенекичIин Шамил буссанин икъбал Гьелдаса нахъейин биценги буго… Загъалав гIемералъ имам Шамилгун Рагъул заманаялъ аскIов вукIарав, Лъукъараб хъабарча анкьго нухалъги Къваридал нухазда букIараб гьесул… СалтIа хъалаялда балеб гIарада, Салдат бахиллъичIо гула-ххералда. ГамачI-гъегъалъ цIурал гьагьалги сокIкIун, Сордо рогьиналде рорхунел къадал. Къаси кьижуларел,къад жал рагъулел Гъазизаби гьечIо как базе толел, Тоннал гIарадазул тIадеги чIехьон, ЧIван рехулел руго как тIубалелде. Суал буго гьоркьоб гIалимзабаз лъун, Какил гIуж цIехезе ккелищ гьанжеян, Ккеларин кIалъана Загъалав дибир, ИбнухIажаралда кколилан-Шамил. Загъалас бихъичIеб гумпараялде, Нужго ралагьеян, килищ битIула, Гьагъал жал ран хадуб ИбнухIажарас, Какго багейилан,абилаанин… Гьев-гъваридаб гIакълу, нусго батIияб Цо рагIиялъулги магIна гьабулев, Дун гIелмуялда те херлъунги вугин, Цо къоялъ абураб гьес имамасда. Мун вуго гIакълучи, кив вугониги, ЗахIмалъидал духъе витIила чапар. ХIукму къотIизеян Хъварши росулъе Шамилица чапар чамги, витIарав Чамги кагътал руго имам Шамилил Загъалав дибирил тIахьазда гьоркьор Гьел гьудуллъиялъул нугIзал гIадинан ХутIила рачIунел гIалимзабазе. Диналъе тохав чи росулъа къватIир РитIизеян буго хIукму гьабулеб. Дуца щиб абилеб,Загъалав дибир, Жавабги хъван нахъе витIе дир чапар. Дида цIакъ лъикI лъала, дица малъизе Дуда колареблъи, кIудияв имам. Амма аби буго лъикIлъи гьабулев ТалихIалъ толарин гьаб дунялалда. Загъаласул жаваб къабуллъаниги, Кьалбалгун гьаб квешлъи бахъизе кколин, Имам Шамилица жиндираб гуреб, ГьабичIин абула гьаб гIумруялда. Аллагьас дуй кьураб гучалде данде Дун вахъунев гуро, кIудияв имам, Дида гIелмуялъулъ батулеб къуват- Гьеб рекIелъе биччан кIалъалев вуго… * * * Игьалиса Чупалас нугIлъи гьабулеб буго, Шамилие Загъалав бишун хирияв кколин. Гьесул рагIаби руго жакъаги нилъехъе щун, Наслабаца цIунизе, нилъерго тарих лъазе: «Гьаквариса МикагIил;Гьигьалъа ХIажардибир ЛахIтуялда рукъидал къараб диналъул талихI- ТIолго жиндир бодаса Шамилие рокьулел Кьохъа МуламухIама, Хъварщиса КъурбангIали |
|
||||||||||
|