![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
IIИман бугей эбел Загъаласулги- Какий чурун гуреб керен кьечIо гьелъ. КъурбангIали инсуй чIухIилъун ккана- Гьев гIадамазулъги гIамал рекъарав. РетIел-хьиталъ гуро чи кIодолъулев, КIудиял гьунараз ворцуна инсан; Берцинал ругилан хиралъуларо, ГIакълу- лъаялъ цIала аскIовегIан чи. БахIаралъ рокъобе бачIараб къайи, Цо бусен гIелилан Загъалас абун, Рокъоб бугебщинаб бикьун рагIула Росасе мукIурай гьесул лъадиялъ. Хъварший жий гIурайгIан ракI жубан чIана Гьаквариса ячун ячIарай лъади. ГIелму цIалулезе квербакъизе гьелъ ГIиялцин хьихьанин бицен батана. Нилъ цереса индал, цохIо гъветI гIадин Яс хутIизе дие бокьун гьечIилан, ГIакъилай лъадиялъ Загъаласдасан Цойги чIужу ячин тIалаб гьабула. Дир ясалъе вацги дуе гьелъ васги Гьавилин, ракI жубан гьей нилъгун телин, ВацIцIадав росасе гьелъ ракI рагьидал, Загъаласул рокьи гьелде цIикIкIана. Загъаласул рокъов вас ТIалхIат гIуна, Наиблъун вахъарав, тIахьалги хъварав, ГIадамазда гьоркьов рагIи билълъарав, КIудияздехунги хIурмат цIикIкIарав. СихIру малъулеб тIехь гIуруй биччазе ВитIана Загъалас цо нухалъ ТIалхIат, Нужеда лъаларин пайда босизе, Квешасухъе щвани, щолин балагьал. Реханилан, инсуй гьерсалги рицун, Нахъе швана ТIалхIат, тIехьги бахчун тун. Дуца гьеб рехичIин, кIиабизеги Загъалас витIана вас гIурухъего. КIиабизеги гьев, гьебго хабаргун, Вуссиндал, балагьи бихьана инсул. КигIан барахшун гьев вукIананиги, БетIер къулун ана тIехь рехизе вас. Виххун, хIикмалъун ун, вуссана ТIалхIат, Жинца тIехь гIурулъе биччалеб мехалъ Лъел хъатаз ккун анин кодоса бахъун, КIи бикьараб гIурулъ тIерхьараб куцин. Эмен, тIаса лъугьа, мун дир мугIалим, Лъабго нухалъ дуца витIизе ккедал. Эмен, дуда аскIов ворхалъунилан, Борхатаб лъаялда хадув гъоларин. |
|
||||||||||
|