![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
I
ЦIали захIмалъидал, гьебги рехун тун,
Гьудулзабаздаги къо-мех лъикI гьабун, КъурбангIали радал нухда вахъана, Хъваршибе рокъобе сапар бухьана. Халатаб нухги тун, свакараб мехалъ, Сордо базейилан, гьев Сасикьдерил Кьода аскIоб бугеб нохъода ана, РогьинегIан, гьениб лъикIин, хIалхьана. Гьев гIодов чIаралъуб, цо-цо къатIра ккун, ТIинкIулеб лъималъе гьес гвенд гьабуна, Гьев, гьелда халги ккун, пикрабалъ восун, ГIодов чIаралъувго макьица ккуна, Загъалав ворчIидал хIикматлъун вуго, ТIинкIарал къатIрабаз цIун гвенд бихьидал, Дидаги кIвеларищ гIелму босизе- Цо-цо ккун гьал хIарпал лъазеги гьарун. Росулъе щолеб нух гIагарлъаниги, ВачIуневго нухалъ гьев тIад вуссана, Сверухъ течIо гIалим цIализе швечIев, Бер тIаса босичIо гьес тIахьаздаса. ТIехь бичун босизе рес гьечIев дица, Дицаго хъван лъикIан,хъвадарун вуго, Цо бакъвазе течIеб гьесул щакъиялъ Нусиялда хадуб тIехь хъван лъун буго. Машгьурлъун ана цIар гIалимзабазулъ, Борхалъун буго цIар цIумадисезе, Гъваридаб гIакълуялъ, цо магIна гуро, Нусгоги гьабила цо рагIиялъул. АнцIабго сон индал росулъе щведал Эбелалдагицин лъалев хутIичIо. Гьес тIаса бишараб гIелмуялъул нух Гьесда ващалъулев чи ватуларо. ЦIулал хьитал ретIун гIелму цIаларав ЦIалулехъе тIахьал кьеян абурав, Нусиялда хадуб тIехь нахъе тарав, Цо гъалатI гьечIого, гьел хъвазе кIварав. Аллагьасул нух тун кивго вуссинчIев, ГIелму хириязе нахърател тарав. Васигат букIана, цIунуге тIахьал, ЦIализе кьечIого, мутагIилахъе. ЦIилъун гуронани, кIочонареб цIар Даимлъун хутIана халкъалъего дур. Хазиналъун нахъе хутIарал тIахьал, Меседлъун кенчIараб абураб рагIи. Загъалав дибирас мадрас рагьана, Т!индире цIализе гIемерал щвана, Загьирлъана хадур заманалдасан, Гьунар бугел гьесул мутагIилзаби. ЦIакъго рекIараб бал Гьигьалъа бугин, ИмамухIамада абурабги гьес, КIудияв гIалимчи вахъарав гьесул, Чамги тIехь хъван тараб гьесги нилъее. |
|
||||||||||
|