![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Рокьул хIакъикъатЦIунизе кIвечIого цIеца бухIараб,
Дир рокьул хIакъикъат рагIаниш ,ралъад ХIехьезе яхI лъугIун хIарщулъ мерхьарал, ЧIагоял анищал рихьаниш ,ралъад Йокьулин абичIев рокьул бицинчIев, Дуй рокьул бицине вачIинчIиш, ралъад? Лъади ячанилан, дун хисанилан, Хирияв гьудулас бицинчIищ. ралъад? Гьеб хабар рагIидал дур карачелал, Чара хун, дун гIадин гьелчанищ, ралъад? Божизе кIвечIого,къуват гьечIого, Лъалхъун цо лахIзаталъ хутIанищ,ралъад? *** Ихдал тIун бачIунеб гIаздал гIансилъун, Рокьи шагьар бакъулъ рещтIана диде, Ралъдадасан пулеб гьорол гIамалгун, ГIищкъу ахIичIого бачIана тIаде. ГIансиги биуна рии бухIидал, РекIел кверщел гьечIеб рокьиго кинаб? Гьуриги сасуна замана щведал, Саназ бахъунареб гIащкъуго кинаб? ГIанси биланиги, лъалкIал хутIула, Мун дандчIвараб къотIноб дие рокьул их. Гьури сасаниги асар хутIула, Салам кьураб сордо-дир гIищкъул тарих. |
|
||||||||||
|