![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ВасигатВасиятги хъвана нахъ хутIулезе,
Дида хадур гIемер гIодугейилан. Амруги гьабуна дир ясалазе Росдал гIадатазе хисугейилан. Хваразда кинабго лъалин абула: Дирги рухI бачIина ахIвал–хIал цIехон. РухIал рахъаниги, гIакълу толила, Макьабалъ яккила, кколелъул бицун. Бищун кIудияйги, хадур гIолелги, ГIечIей ПатIиматий хIалае тана. ГIакълу цIубаразги, гIамал мекъазги Эмен вихьичIелъе чIаголъи гьабе. Ракьалда рижарал ракьулъ унелъул, Нужорго напс квегъе, хириял ясал. Какалъ иман лъалъан, кIалккун лъадарун, Дурусго къачIай нуж ахираталде. * * * Дуниялги рехун ахираталда, Цоцае рокьарал данде чIванани, ГIарас майданалда мун ватилаан, Дур кваранаб хьолбохъ яхъун чIелаан. ЛъикIаб–квешаб борцун, дуй жужахI щвани, Цин борхун гьаракьгун дун елъилаан. Дунялалда дида бихьараб цIаялъ Мун веэдила дун йохилаан. Цинги ракIги бухIун БетIергьанасда ГурхIа ррахIманилан дун гьарделаан. БухIи бичIичIев мун тархъан гьавеян Накабаздаги чIун дун гIодилаан. Мун сабаблъун дица къадру цIунанин, ЦIадул хIал инегIан, цIад гьарилаан. Дуца дие дунял берцин гьабунин, Берал бецлъизегIан магIу тIелаан. Нагагь дида гурхIун, мун хвасарлъани, Дуйго хириязда аскIов телаан. РахIму тIадегIанас дуй алжан кьуни, Дуда гьебги баркун, нахъе инаан. |
|
||||||||||
|