![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МагIарухъа кагъатХIелоге нуж, лъикIал, Аллагь гуресе!
РитIухълъи, бащалъи тIолгоязеян, Къеркьарав дир течIо тIубазе мурад. Хиянатал бергьун хутIана рекIелъ, Дирго росдайниги хIалтIун течIолъи. Хъублъаразул цIуна тах сверухъ бакIал, БегьичIо дие гьел “реформаторал”. Улка щущахь биххун халкъ мискин гьабун, Хъамалчилъи гьабун жал бечелъарал. РакI бухIулеб буго росоцоязда, Росолъ рес гьечIого къватIир щущалел, Пасикълъи цIикIкIине, жалго хъублъизе, Къадараз гуккарал гъаримзабазда. ХIарамлъи цIикIкIарал хIакимзабиги, Дидаса хIинкъана – гьезда рекъечIев. Законгун шаригIат цIунун вагъарав, ВокьичIо гьезие инхокъварисев. ХIежалдейин абун дарамалъ хьвадун, ЦIакъавлъунги хIачIо бидгIаяб гьабун. Экраналда ваккун бацIцIадаб бицун, Бикьулев чиновник релълъуна гьезда. История хъвалел иман цIикIкIараз, Кида хъванги хъвала гьазул бецIаб рахъ. Къур’аналъ какараб гьеб мунафикълъи, РикIкIад гьабе дуца, дир диналъул вац. БатIулалда мал бан хIакъаб бокьиялъ, ХIарамаб магIишат хиралъаразул. Тушманлъун вахъиги дир чIухIи буго, ХIелоге нуж, лъикIал, Аллагь гуресе! |
|
||||||||||
|