![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ХIилла ургъаразе гъугъайха мун зобФатя, тIаса лъугьа мукIурлъанилан,
Рес шибха хирияй бусичIин ругъун. Толарин макьилъги ворчIун рукъовги, ХIухьел дагьлъун бугин гIенеке дида. Огь, гIадалаб бетIер чIухIараб дир ракI Шай абураб дица телин мунилан. Огь, дир гIолохъанлъи шайзе гуккарав Шай дуца тарав дун гьудул гьечIого. Гуро лъугьинаро тIаса кидаго Дир гьодораб бетIер дудасаги дун. Дир гIадалаб чIухIи дудасаги дун Дунилан ахIдарай рикIад гьаюрал. Фатя, дун божана араб гIумруда ГьитIин караб гIадаб гIишкъу батичIо. Берциналгун гьава басанданиги РакI басандулаан кидаго мунгун. Нилъ херлъун каниги хIал хьуларо ракI Бокьиларин дие тезе гьаб дунял. Цо мунгун гIодов чIун бадив балагьун Угьун хIухьел бичан хIалхьичIого ракI. РакIалде кIодоги швезаюлаго, Буго дир бицине цо хабар дуда. Бокьун буго дие цо балагьизе Дой кIодохъго гIадин кьижарай дуда. Мунагь гьечIеб гIишкъол цIурал тIугьдузе ХIилла ургъаразе гъугъайха мун зоб. ТалихI гьечIеб гIумру нижей ургъарал Роххун ратогеги ахираталда. |
|
||||||||||
|