![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГIенекке ургьисан ахIдолеб дурго гьаркьихъгиРитIухълъи, рацIцIалъи кибгоян, херлъарав ГIусман,
ГIенекке цо ургьисан ахIдолеб дурго гьаркьихъ. ЦIаназул вехьасда кIвечIеб гIиял вехьасдазул кIун, Росу цIилъун халкъ цолъун цебе тIураб бакI бихье! Хьитазул устар, вичарухъан нух малъулелги тун, Росдал гIадлугун, яшав лъикIлъараб бакI киб бугеб? Исламияб шаригIат чорхолъ хIалтIуларесул, Мажгиталда вагIзаги сундуе гIенеккулеб? Г1умруялъул х1албихьи;пикру пикру гьабун бажари, Исламияб рац1ц1алъи х1ажатаб бет1ерасе! Т1асияз дур росдал халкъ бокьухъ бук1аян тана Г1адлу росулъ ц1унулел бегьич1о чаргъудузе Халкъ хъарсинлъун хъачIлъана, жагьиллъиялъ бец1лъана, ГIамалал хисизарун, къосулаго г1инкълъана Г1акълу жидее кьолел кьурулъан гьез рехана, Инсанияб гIаданлъи гьазулъан боржун ана. Гьаниб жамг1ият гьеч1о тухумал рат1а руго. Х1илла, рек1к1 ц1ик1к1ун буго вацлъиги лъуг1ун буго. ХIалалабгун хIарамаб, хIакъикъияб, батIулаб, БатIалъа гьеч1еб росдал халкъ рик1к1ад те, гьудул, дуца. Шариг1атги законги дур аслияб нух батун, Раг1ич1ин дурги хабарг1адлу х1ажат гьеч1езда Карьера дур хвезе тун росулъе дур мун индал РацIцIад гьечIеца гуккун, рес кьечIин дуй хIалтIизе. Мажгиталда имамгун конторалда бегавул Хьвада-ч1вади рит1ухъаб рокьич1ин дур чаг1азе Дур санаг1ат канани Аллагьасги мун тани Хадусел наслабазе бицун те къимат кьезе! |
|
||||||||||
|