![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Рокьул кучIдулРохьил чанил гIадаб дур чорхохъ урхъун,
Чан гьабизе бокьун ишан ккун вуго. Чамасдагил гIадал дур гьел кIутIбузда, Баине хивалгун хьулазда вуго. ЛуълуъгIан багьаяб дур лагаялъухъ, Къечон холев вуго къвал базе бокьун. Къимат бугеб дур черх рикIкIада букIун, РекIей рахIат тIагIун ракI бакъван вуго. * * * ТIину гьечIел бераз бадий ялагьун, Бакана дир рекIелъ гьелегьараб цIа. Рахьгун би жубарал гьурмал сипатаз, Гьалдезе тIамуна гьинал ракI дуца. Ихдал хIанчIил гIадаб кочIол гьаркьица, РекIей асар гьабун асир гьавуна. Маккил габур гIадал сурмиял гъалаз, Сверизе гьавуна дуда хадув дун. * * * Ралъдалъ жаниб бугеб жавгьар гIадай мун, Жемиларищ, гьудул, мун йокьарасда. МугIрул гIанса гIадай, гIамал берцинай Баиларищ, бика, мунан холесда. ТIолго халкъ гIащикъаб къавм цIакъаб тIавус, ТIубаларищ анищ гIащикълъарасул. ГIалам тун ГIаршалде боржунеб Буракъ, Бицинарищ дида дур рекIел мурад. |
|
||||||||||
|