![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Къади Абакаровасде(Бергьенлъияль 60 сон тIубай)Къади Абакаров, рагъулаб гъалбацI!
Гьаб байрам баркизе вахъа къаникьа. Дур гучал гьунараз чIухIизабураб, ЧIалгIунарищ, Къади, мун ВатIаналъухъ? Ссвана Эчедаса гвангъараб чирахъ, Боржана берзукьа рагъул къвекIаб цIум. ЦIва гIадин гвангъизе нахъе цIарги тун, ЦIоб гьечIеб амру щун ана къаникье. Беричаб, балагьун чи гIорцIулареб, Буго дур гьайбатлъи суратазда тIад. Цо беразулъ бугеб лебалаб кунчIи, Ва кIутIбузулъ бугеб берцинаб гьими. ГIаданир жаниса раккарал бераз, Рагъул цIиркъ мун вукIин вуго бицунеб. Гьайбатаб, лебалаб гьеб балагьиялъ, ГIаданлъи дулъ букIин бихьулеб буго. ЧIалгIен гьечIеб калам дур гьунаразе, Хадур рачIунезе мисаллъун тарал. Хвел гьечIел биценал гьел пишабазе, Нахъе хутIаразе ирсалъе щварал. |
|
||||||||||
|